МагъчIваялъе рес

Россия ООН-алде гIайиб чIвалеб буго


Россиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялде гIунтIизабуна Украиналда бугеб ахIвал-хIал мекъса бихьизабиялъул гIайиб.

Щакал сурсатазда мугъ чIвай гьабун, рехсараб ГIуцIиялъул докладалда гьереси бицунеб бугин, лъазабуна Россиялъул дипломатиялъул аслияб идараялъ.

Хамиз къоялъ Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъ загьирабуна Украиналда инсанасул ихтиярал цIуниялда хурхараб хасаб доклад.

Информациялъул ва басмаялъул департаменталъ лъазабулеб буго, гьеб докладалда киналго хIужаби кIала-гъоркье сверизарун ругин ва Донбассалда Россиялъул аскариял руго, ян абурал маргьаби такрар гьабулеб бугин.

XS
SM
MD
LG