МагъчIваялъе рес

Путиние бокьун гьечIо Россиялда инкъилаб


Москваялда тIобитIараб ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул Шураялъул данделъиялда цеве вахъун, Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна Москваялда тIадаб бугин кIванагIан кIудияб хIаракат бахъизе Россиялда кьерираб инкъилаб цебеккунго нахъ чIвазелъун.

Гьес ракIалде щвезаруна Совет Союзалъул рукIарал республикабазда рагъарарал инкъилабазул хIасилал. Гьезда Путиница абуна пашманал хIасилалилан.

XS
SM
MD
LG