МагъчIваялъе рес

Путинил хIакъалъулъ цIиял анекдотал


Россиялда тарихалда жаниб халкъалъ кидаго анекдотал ай къокъал кепал харбал ургъулаан тIадтаразул хIакъалъулъ. Гьездехун батIи-батIиял лидеразул бербалагьиги букIана батIи-батIияб. Масала, цо-цо баяназда рекъон, тIадтаразул хIакъалъулъ анекдот бицаралъухъ Сталинил заманаялда жанив тIамун вукIана 200 азаргоялдаса цIикIкIун чи. ГIемерал рукIана анекдотал Брежневасул хIакъалъулъ. Руго гьел Россиялъул президент Владимир Путинил хIакъалъулъги.

Facebookалда бугеб жиндирго гьумералда Путинил хIакъалъулъ иргадулал цIиял анекдотал кьолел руго Елена Васильева абулей инсанасул ихтиярал цIунулелъ.

***

Кировалда азарханаялда комаялда вукIарав чи вигьун вуго палатаялъуб букIараб «Вести недели» бихьизабулеб ва Путинил бицунеб телевизор свинабизелъун.

***

-Владимир Владимирович, Магърибалдаса нилъго тIезаризе маххул пардав базе бугищ?

- ГьечIо, гIезе буго гIадатияб зазхараб телги.

***

-Гьадай гимнасткаялда аскIов вугев къокъмач щив?

-Гьев вуго нилъер гьаниб Украиналда газ бичулев вукIунев цо вахьна.

***

Россия. Аптекалда:

- кье дие рекIел дару...

-рецепт бугищ?

-вуй! Россиялъул паспорт бугеб гIоларищ?

***

Путиница хIукму гьабун буго магърибалъул улкабазул лидераздаса сундулъго къечIого вукIине. Гьединлъидал киназго Россиялде данде санкциял гьарураб мехалда, гьесги гьаруна Россиялде данде санкциял. Гьес гьукъана халкъалъе кванил нигIматазул импорт.

***

Путиница бицун, жалги- гIурусазул дунял букIин лъарал казахаз берал дагьалги къварид гьаруна.

***

Владимир Путиница комментарий кьуна гъурущ учузлъулеб букIиналъе:

-Россиялъул гъурущ бортулеб буго, амма наказдасаги бахъун, борхун бетIерги ккун.

***

Россиялъул телеканалазе Путиница бицана гъурущ кватIичIого щулалъизе бугин.

-Дица гьанжеялдего кагътал хъван руго ЦIорол Дадахъеги Санта Клаусасухъеги,-ян тIаде жубана гьес гьавугьин.

***

Наркотиказда хадуб контроль гьабулеб Федералияб хъулухъалъ рикIкIунеб буго наркотикал гьанже рагьун ричизе бегьулин, щайгурелъул бетIер сверизе халкъалъе Путинги телевизорги гъун бугин.

***

Россиялъул гIахьаллъи бугелщинал авиакатастрофаязухъ балагьани, ракIалде кколеб буго Путин КГБялда гурев ПВОялда (гьаваялдаса бугеб хIинкъиялде дандечIей гьабулеб хъулухъ) хъулухъ гьабулев вукIанин...

***

Туснахъалъуб:

-Мун щай жанив тIамун вугев?

-Нилъер президент гIабдал вугин комикс бахъаралъухъ.

-Гьеб щиб статья-хулиганлъийищ, экстремизмищ?

-Гуро, гьеб буго пачалихъалъул балъголъи къватIиб бици!

***

Януковичас гьикъулеб буго Путинада:

— Гьанже Крым Россиялде гъорлъе бачун бугелъул, къанунияв президент хIисабалда дун бегьулищ гьениве ине?

—Бегьуларо, къанунияв президент мун вуго Ростовалда вугеб гIанасеб заманаялда.

***

Машина бачине изну босулаго щай къваригIунел психиатрасухъа ва наркологасухъа кагътал, улкаялъе нухмалъи гьабулаго гьел къваригIунарел?

***

Крымалда тIобитIараб референдумалъул хIасилазде балагьун абизе бегьула гьениб бандеразул 3% халкъалъул 97% ракь кваназабулеб букIанин.

***

Воваги Алинаги хабар-кIалалда:

— Вова, Россия сверун бендерал ругин абураб жо битIараб жойищ кколеб?

— У, Алиночка, битIараб.

— Меркельги — бендерайищ?

— ЙикIуней дойч-бендерайха!

— Обамаги — бендеравищха?

— ВукIунев афро-бендерав!

— Януковичги — бендеравищ?

— Гуро…Янукович вукIунев гIабдал вуго!

Цо Путинил хIакъалъулъ гуребги руго Россиялда анекдотал. РукIуна гьел республикаялъул бутIрузда хурхунги.

Масала Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаница жиндир гIагараб Центерой росдада аскIоб бан бакIана гIанкIуял гIезабулеб фабрика ва рагьун абичIониги киназдаго лъазабун букIуна Центероялда гIураб гIанкIо босизе кколин.

ГIадамазги гьеб босулеб букIун буго:

-Гьабищ доб Центероялда гIураб гIанкIо?-ян гьикъулаго.

***

Дагъистаналда ГIабдулатIипов Рамазан нухмалъиялде вачIун ва жив гIурав ЛъаратIа мухъалдаса цо-цо чагIазе хъулухъал кьезе байбихьун хадуб бижун букIана гьадинаб анекдот:

***

Гьанже Дагъистаналда лъебелал къаси-къаси гурони къватIире рахъунаро, щайгурелъул радал къватIире рахъани хIинкъи букIун гьел кквезеги ккун цо тIадегIанаб хъулухъалда тезе гурин.

Гьанибго ракIалде щвезабилин Брежневасул заманаялъул цо анекдотги:

***

-Брежневас политикиял анекдотал ракIарулел ругин абураб битIараб жойищ?

-У, гьанжеялде кIиго лагерь бакIарун буго.

XS
SM
MD
LG