МагъчIваялъе рес

Временное росдал гIадамаз инкар гьабуна ракъун чIеялдаса


17 ноябралдаса байбихьун жал ракъун чIезе ругин лъазабун букIана Унсоколо мухъалъул Временное росдал гIадамаз. Амма гьезул хIукму хисана.

18 ноябралда кIиго моцI тIубала Унсоколо мухъалъул Временный росулъ низам цIунулез терроралда данде тадбирал тIоритIизе байбихьаралдаса. Низам цIунулезул пикруялда рекъон, гьенир рахчун рукIине ккола изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал.

Амма бакIалъул гIадамаз абула террорги багьанадуй ккун гьез жидеего гIарац гьабулеб бугилан.

I8 ноябралдехун жидер тIалабал тIурачIони, жал ракъун чIезе ругин лъазабун букIана Временное росдал гIадамаз. Амма гьанже гьез гьелдаса инкар гьабуна. Щаяли баян гьабулеб буго ГIашура абулей гIаданалъ.

ГIашура: «18 ноябралда нижехъе тохтурзаби-психологал рачIине ругин ахIанаха. Лъималазеги чIахIиязеги къваригIун руго гьел. Унтун руго лъималги, нерваби хун руго руччабиги бихьиналги. Унтун буго тIубараб росуго. Гьедин лъугьиналдаги гIайиб бугищха? 30-40 соналъ данде гьабураб магIишат цо къоялда жаниб биххизабураб, кьвагьизабураб мехалда кинан лъугьине кколел гIадамал?

Хисизе ретIелгицин цадахъ гьечIого къватIире лъутарал гIадамал руго гьанир. Щуго къоялъин абун рахъарал чагIилъидал рукIарал. Гьедин лъабго чIужугIаданалъ лъимер гьабуна гьениса гочинаруралдаса нахъе. Гьел руччабазухъин абуни цадахъ букIинчIо лъимадуй къваригIунеб къайи. Гьедин гIадамаз аниса-добаса бакIарун кьуна руччабазе гьеб».

ГьанжегIагар гьеб росулъа анцIидаса цIикIкIун чIужугIадан ун йикIана МахIачхъалаялде чанго бакIалде. Росулъ бугеб ахIвал-хIал бицун гьел ун руго инсанасул ихтиярал цIунулей вакилалъухъеги, Пенсиязул фондалъул нухмалъулесухъеги, МугIрузул мухъалда Дагъистаналъул нухмалъулес тарав вакиласухъеги. Масала, гьев МугIрузул мухъалда тарав вакил МухIамадхIажи ЗайнулгIабидовасулгун ккараб гара-чIвариялда бан гьадин бицунеб буго ЭР-лъе цеехун рехсарай ГIашураца.

ГIашура: «Нижеца гьесда бицанаха росу биххизабун букIинги, нижее жанир чIезе бакIал хутIун гьечIолъиялъулги, бункерал ралагьулаго нахъе хутIарал дагьа-макъал минабиги кьучIде щвезегIан сверун рухъун рукIиналъулги. Кинабго бицанаха нижеца».

Терроралда данде чIарал тадбирал тIоритIулаго низам цIунулез росдае гьабураб зияналъул хIисаб-суал гьабизе комиссия гIуцIизе кколин рикIкIунеб буго гIадамаз. Амма тIубан гьел аскариял нахъе инчIого хIукуматалъул вакилзабигицин гьенире жанире риччаялда щаклъи буго гьезул.

Жал Временноялдаса Генуре гочинаруралдаса араб кIиго моцIида жанив жидехъе щивниги вачIинчIин ахIвал-хIалги цIехонилан бицана ГIашураца.

ГIашура: «Цо кепекалъул кумек гьабичIо нижее жеги лъицаниги. Гьабилин абулел чагIи руго, амма … АскIоре индал лъицаниги нахъги чIвачIо ниж, гьабилин кумекинги абула. Гьале кIиго моцI анаха ниж росулъа гочинаруралдаса. Вагьабиял росулъе риччанин нижеде гьабулеб гIайибги мекъи буго. Низам цIунулезда буго гьелъул гIайиб. Ккун рачун щвезарураб мехалдаги жанир тIамичIо гьез гьел. Росулъе жанире рачIунеб бакIалда чIун низам цIунулез чIухь бала нижер къайидулъги, хал гьабула паспортазулги, гIадамазулги. Гьеб мехалда кин гьел къанун хвезабулел чагIи росулъе жанире рорчIулелали дида лъалароха».

Временныялдаса чагIаз тIалаб гьабулеб буго жал цогидаб бакIалде рахъинарейин, гурони жаниб гIумру гьабиялдаса ун бугин росу.

ГIашура: «Нижер росу буго сверун маххул хьуриги ккун бацун. Кавуги буго лъун. Генуб гIадин штабги лъечIони, гIадамал жанир рукIунеб хIалалда къачIан нижехъе рукъзалги кьунани чIела ниж гьенир. Гурони нижеца гьеб аскариязе тола».

Жакъа къоялда Россиялъ Украинаялдаса лъутарал гIадамазе кумек гьабулеб мехалда, росулъа къватIибе къотIараб жидер 200 хадуб хъизаналъе квербакъи гьабиялъеги санагIалъи балагьани бегьилаанин рикIкIунеб буго Временный росдал гIадамаз.

XS
SM
MD
LG