МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул вукIарав президентас гIайиб гIунтIизабулеб буго СШАялде


Афгъанистаналъул вукIарав президент ХIамид Карзайица лъазабуна, Афгъанистаналда хурхун Америкаялъул кIигьумералулаб политикаялъ улкаялда экстремизм тIадеги гIатIилъизабунин.

Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго, Карзайица абуна Афгъанистаналъул территориязда гьарурал гIемер тIадекIанцIиязул жавабчилъи бугел гIадамазе рахъчизе бакI кьун бугин мадугьалихъаб Пакистаналдайин. Амма Америкаялъул хъулухъчагIаз гьарулеб букIанин Пакистаналъул нухмалъиялда цебе гьеб суал борхизабиялдаса инкар гьабеян.

XS
SM
MD
LG