МагъчIваялъе рес

Кинаб бугеб Россиялда санкциязул багьа?


Россиялъул халкъалъул цIикIкIунисеб бутIаялъул чвантаязда рагIунеб буго кванил нигIматазул багьа борхулеб букIин, амма гьез рахъ кколеб буго магърибалдаса къайиялъе лъазарурал санкциязул. Гьединаб пикруялде ячIун йиго гьеб суалалъул цIех-рех гьабулей йикIарай Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъул мухбир Евгения Назарецица «Левада-Централъул» эксперт Денис Волковгун гьабураб гара-чIвариялда.

Россиялда къайи багьалъун буго. Гьеб баянлъун буго щибав анцIгоясда гьоркьосан анлъго чиясе. Гьебго заманаялда щибав анцIгоясда гьоркьосан анкьгояс рахъ кколеб буго Евроцолъиялдаса рачIунел кванил нигIматазе Россиялъ лъазарурал санкциязул. Кванил нигIматал багьалъизе рукIин лъалеб букIана россиялъул халкъалда, гьебги Крымалъе аннексия гьабиялъухъ ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазул рахъ кквеялъухъ балагьичIого. Россиялъул халкъ ахирисеб къого соналда жаниб даимго балагьун чIун буго хайир дагьлъиялъухъ ва багьаби рорхиялъухъ. Гьедин рикIкIунеб буго «Левада-Централъул» эксперт Денис Волковас.

Денис Волков
Денис Волков

Денис Волков: «ХIакъикъаталдаги буго багьаби щай рахунелин абураб суалалъе цо гIаммаб жаваб. Нижеца цIех-рехал гьарулел ругелгIанасеб заманаялда гIадамал балагьун чIун руго багьаби рахиналъухъ. Ахираб 20-25 соналъ гIадамаз кинаб букIаниги гIажаиблъи гьабуларо гьел тIаде рахиналда, гьел гьелде хIадурал рукIунин абизе бегьула. Гьанже багьаби рахунел руго цебе букIаралде дандеккун дагьабго хехго. Гьанже абизе бегьула гьеб бараб бугин Магърибалъул санкцияздаги, гьезие жавабалъе гьарурал контрсанкцияздаги, экономикияб кризисалдаги.

Гьанже дагь-дагьккун цIикIкIунеб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда жалго лъидаго рачIел рукIиналъул лъазабурал республикабазул рахъ кколеб букIин Россиялъ бецIулеб бугин рикIкIунезул къадар. Жеги бичIчIулебги гьечIо Россиялъ бецIулезул багьа кигIан бугебалиги. ЦIикIкIунисез рикIкIунеб буго гьеб кIудияб багьа гурин ва гьеб бецIизе бегьулин. Гьелде тIадеги, гьеб тIолабго халкъалда тIад бащад бикьунги бугелъул.

Багьаби кидаго рахуна, исана гьел дагьаб хехго рахунел руго. Гьелдаса гIадамазул рахIатхвейги гIемерго загьирлъулеб гьечIо.

ЭР: Кинал захIмалъаби рукIаниги нижеца гьел хIехьезе ругин абун чIухIун чIунищха нилъ ругел?

Денис Волков: «Цо рахъалъ гьединги ругин абизе бегьула. Амма дида ккола, цIикIкIунисезе гьеб контрсанкциязул суал бугин. ХIукуматалъул лъолел руго гьел гьединал рукIине кколин халкъалда ракIалде кколел галаби. Магърибалде данде чIеялъ гIадамазул жидедаго божилъи цIикIкIунеб буго ва гьезда кколеб буго Россия гьанжеги кутакаб улка бугин ва гьелъукьа гьанжеги хIинкъулел ругин. Гьеб киналъухъго кьолеб багьа гIемерго кIудияб гьечIелъул, гьелъул, абизегIанасеб, квал-квалги халкъалъе гьечIо.

Амма Крымалъе дур харжалъул цо пуланаб бутIа кьезе мун разияв вугищин рагьун гьикъани, гьелда разилъулев чи гIемер ватуларо. ЦIикIкIунисеб халкъ бохун буго Крым Россиялде гъорлъе бачиналдаса, амма гьелъие гIарац кьезе гьел разиял гьечIо».

Магърибалъ Россиялде данде гьарурал санкцияздаса зарал кканин гIемерал гьечIел бечедал чагIазе, гьединлъидал халкъалъул аслияб бутIаялъул гIумруялъулъ гьездасан кIудияб хиса-басиго ккечIин рикIкIунеб буго экспертас. Гьесул пикруялда, Россиялъул халкъалъул аслияб бутIаялда магърибалъул гIумруги гьениб букIунеб къайиги телевизоралдасан гурони бихьун гьечIо. Санкциязул суалазда бан халкъалъул гьеб бутIаялъе манипуляция гьабизе бигьаго букIунин. Гьезие гьел санкциял гьарунин камизе жо гьечIин, гьелъул гIаксалда СССР биххараб мехалда билараб ВатIаналдаса чIухIи гьезие тIадбуссинабун бугин абулеб буго «Левада-Централъул» эксперт Денис Волковас Евгения Назарецгун гьабураб гара-чIвариялда.

XS
SM
MD
LG