МагъчIваялъе рес

Чи хвеялъул багьанабазул пачалихъияб балъголъи гьабизе гьукъун буго Конституциялъулаб диваналъ


Россиялъул Конституциялъулаб диваналъ гьукъун буго цIех-рехалъул идарабазе пачалихъалъул балъголъи бугин абун чи хвеялъул гIиллабазда хурхарал мухIканлъиял гIага-божараздаса бахчизе.

Диваналде хитIаб гьабун букIун буго 2012 соналда Йоршкар-Ола шагьаралъул полициялъул бутIаялъул изоляторалда гIанкъизавун ватарав чиясул вацас.

Полициялъ гьев хвеялъул цIех-рех гьабун буго, амма инкар гьабун буго такъсирияб иш рагьизе.

Гьелдаго цадахъ цIех-рехалъул материалал лъазарун руго пачалихъияб балъголъилъун.

XS
SM
MD
LG