МагъчIваялъе рес

Лидеразе сайгъатал: стрингал ва лимузинал


Владимир Путин "Баффи" ва "Юми" гьабигун васандулев. Ново-Огарево, 24Мар2013
Владимир Путин "Баффи" ва "Юми" гьабигун васандулев. Ново-Огарево, 24Мар2013

«YotaPhone 2 дие гьабизеги тIадкIай кьун буго дица. Дир ракI чIараб буго гьедин нужецаги гьабизе букIиналда»,- гьедин лъазабун буго Чачан республикаялъул нухмалъулев Къадыров Рамазаница жиндирго микроблогалда (Tumblr.com). Гьелъие гIиллалъун ккун буго Россилъул президент Владимир Путиница Пекиналда россиялъул смартфон Китаялъул бетIер Си Цзиньпиние кьей. Кинал сайгъатал гьарулел улкабазул лидераз цоцазе ва щиб хадусан гьел сайгъатазе кколеб?

Чачаназул нухмалъулев Къадыров Рамзаница рикIкIунеб буго россиялъул «Йотафоналъул» кIудияб букIинисеб бугин ва специалистазул пикруялда, мобилиял алатазул бищун кIудиязул цояблъун кколин Россиялъул базарин.

Гьелдаса цебе россиялъул президентасул пресс-хъулухъалъ лъазабун букIана гьатIан къоялда Пекиналда АТЭС саммиталъул гIурхъабалъ Путиница Китаялъул лидерасе кьунин россиялда гьабураб «Йотафон-2» абулеб смартфон ва гьелда букIанин Россиялъул, Китаялъул ва АТЭСалъул символикайин.

Гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан гIемерал кеппал комментариял рукIана интернеталда тIиритIун. Цояз хъвалеб букIана гьеб Россиялъул абулеб смартфоналда Китаялъул гуреб алат чандай букIараб абун, цогияз хъвалеб букIана Путиница хIакъикъаталдаги нахъе кьун бугин Китаялда гьабураб ва хвараб телефон, гарантиялда рекъон къачIазейин.

Гьеб цо нух гуреб улкабазул лидераз ва тIадегIанал хъулухъчагIаз цоцазе сайгъатал гьарулел ругеб. «ЦIорораб рагъул» заманалдацин гьарулел рукIана улкабазул лидераз гьел.

1. СССРалъул лидер Никита Хрущевас космосалде роржарал гьабзазул таращ кьун букIана доб заманаялда Америкаялъул лидерлъун вукIарав Джон Кеннедил лъади Жаклиние ва гьезул яс Кэролайние.

2. Дагьал церегIан къоязда Парижалда букIараб данделъиялда Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасе кьуна Айдахоялда гIураб цIакъ кIудияб картошка.

3. Америкаялъул Пачалихъияй секретарлъун Гьиллари Клинтон йигеб мехалда гьелъ Лавровасе кьун букIана багIараб бекI. Гьелда хъван букIана гIурусалъ «перегрузка» ай «бакIлъи цIикIкIун буго»-ян, хIакъикъаталда бицен букIана «перезагрузкаялъул» ай «гьоркьорлъаби цIи гьариялъул» ва гьеб бекIалда гъалатIгун хъвараб рагIи киналго репортеразда рагIиледухъ битIизабун букIана Лавровас. Цо-цо журналистазул пикруялда, гьеб бекI Кремлалъул кьищни балеб бакIалде рехун батизе буго.

4. Россиялъул президент Владимир Путиница Италиялъул премьер Сильвио Берлусконие кьун букIана Россиялда гьабураб «Нива» автомашина. Доб мехалда рукIана Брлусконица гьеб бичун бугин абурал баянал.

Болгариялъул премьер Бойко Борисовас Путиние Баффи кьолеб мех, София, 13Ноя2010
Болгариялъул премьер Бойко Борисовас Путиние Баффи кьолеб мех, София, 13Ноя2010

5. Путиние кьурал сайгъатазда гьоркьоб хасаб бакI кколеб буго Болгариялъул премьерлъун вукIарав Бойко Борисовас 2010 соналда гьесие кьураб Баффи абулеб тарщица. Путиние чIегIераб лабрадор кьун букIана россиялъул армиялъул генералас, Япониялъул пачалихъиял хъулухъчагIаз гьесие кьун букIана Акита абулеб цоги гьой. БукIана гьесие кьун циркъги, амма лъазабулеб букIинчIо лъица гьеб кьурабали. Путиница гьеб тун буго цIунараб рохьоб.

6. Лъиениги щвезе бокьилареб гIадинаб сайгъат кьун букIун буго 1983 соналда ГIиракъалде щварав Америкаялъул хасав вакил ва Пентагоналъул бетIер Дональд Рамсфелдие ГIиракъалъул вукIарав бетIер Саддам ХIусейница. Гьелъул бицун буго 2011 соналда къватIибе биччараб Рамсфельдил ракIалде щвеязул тIехьалда.

Гьеб букIун буго лъабго минутаялъул халалъи бугеб видео ва гьелда бахъун букIун буго Сириялъул вукIарав президент Хафис Асадил разияб бербалагьиялда гъоркь сириялъул гIолохъанал солдатаз борхьазул бутIрул хIанчIулеб ва гьабзазул гьитIинал турщул нусаз чIвалеб. Доб заманаялда Асад вукIана Саддамил тушман.

7. Шималияб Кореялда бан буго улкаялъул бутIруллъун рукIарал Ким Ир Сение, Ким Чен Ирие ва гьанже вугев- Ким Чен Уние кьурал сайигъатал лъураб хасаб музей. Гьезда гьоркьоб буго Иосиф Сталиница Ким Ир Сение кьураб гуллица борлъулареб лимузин. Цо-цо мухбиразул пикруялда, гьесухъе щвезегIан гурони гьеб автомашина тIокIаб кибениги бачун гьечIо.

Гьенирго руго Ливиялъул вукIарав диктатор Муаммар Каддафица кьураб хвалченги, шахматалги, Кубаялъул вукIарав лидер Фидель Кастроца кьураб кроколилалъул тIомол портфельги, Ким Чен Ирие бищунго вокьулев вукIарав баскетболалъул цIва НБАялдаса Майкл Джорданил гъулбас лъураб торгIоги.

8. Киталъул яги акулаялъул чанго ца буго Британиялъул къиралай Елизавета II –лелъул. Гьел гьелъие кьола Фиджиялда. Руго гьелъие кьурал сайгъатазда гьоркьор ковбоязул чакмабиги, Америкаялъул президент Барак Обамаца кьураб IPODги цоги гIемерабги. Амма гьелъул рос Филлипие кьурал гIадинал сайгъатал гьелъие щун рукIинчIо. Вануату абулеб чIинкIиллъиялъул Танна абулеб росдал гIадамаз Филлипие кьун букIана болъонги, гьеб чIвазе хасаб хьварсги, жидер миллияб ретIелги. Гьебин абуни букIана халатаб харил гьабураб стринг абулеб гъоркьантIажу.

XS
SM
MD
LG