МагъчIваялъе рес

Берлиналъул къед биххи- Европаялъул аслиял лъугьа-бахъиназул цояб


9 ноябралда тIубана 25 сон Берлиналъул къед биххаралдаса. Гьелъ 1961 соналдаса нахъе Берлин кIибикьизабун букIана коммунистаз нухмалъи гьабулеб Машрикъалъул рахъалде ва хасаб статус бугеб Магърибалъул Берлиналде.

Берлиналда тIоритIулел тадбиразда гIахьаллъулев вукIана СССРалъул экс-президент Михаил Горбачевги, Польшаялъул экс-президент Лех Валенсаги.

Берлиналъул къед бахун Магърибалъул рахъалде лъутулаго чIваразул официалияб къадар бахунеб буго 136 чиясде.

1989 соналъул хасалихъе ГДР букIана социалиябгун-экономикияб ва политикияб кризисалда. Гьениса аза-азар чиясиясе къваригIун букIана магърибалде гочизе. Чехословакиялда гьел ракIарулел рукIана Прагаялда букIараб ФГРялъул вакиллъиялде цере.

Берлиналъул къед биххи рикIкIуна 20 гIасруялда Европаялда рукIарал аслиял лъугьа-бахъиназул цояблъун.

XS
SM
MD
LG