МагъчIваялъе рес

Пекиналда Керригун Лавровасул дандчIвай


Америкаялъ ва Россиялъ къотIи гьабун буго Россиялъулги Украиналъулги гIорхъода бугеб ахIвал-хIалалда сверун баянал цоцазухъе кьезе.

Гьедин лъазабуна шамат къоялда Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица. Пекиналда гьев дандчIван вукIана Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровгун.

Украиналда кколеб бугелда сверун Москвагун Вашингтоналъул рагIи данде кколарел бакIал рукIаниги, рахъал хIадурал ругин диалог халат гьабизе ва

«Москваялда хурхун цоги санкциял гьари гьарунгутIи бараб букIине буго гьелъул тIаса-бищиялдаса»,-ян абуна Керрица.

Пекиналда Лавровас абуна рагIи данде кколарел бакIал рукIаниги Вашингтоналъе Украиналда рекъел чIезабиялъул кIварги батани, жидеде данде рагъулелгун Киевалъул диалог гьабизе шартIал чIезаризе гьелда ракIалдаги батани, жинца рикIкIунин гьеб битIараб рахъалде лъураб гали букIине бугин.

Керригун дандчIвалалде цеБе Лавровас иргадулаб нухалда абуна Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул аскарал гьечIин.

XS
SM
MD
LG