МагъчIваялъе рес

Берлиналъул къед биххаралдаса 25 сон


Алманиялда байбихьун буго Берлиналъул къед биххаралдаса 25 сон тIубаялда бан ракIалде щвеялъул тадбирал тIоритIизе. Гьеб къед рикIкIунеб букIана «цIорораб рагъул» символазул цояблъун.

ГДРалда гIурай Алманиялъул канцлер Ангела Меркелица абун букIана, дагьаб цебегIан кьураб интервьюялда, жинда киданиги кIочене гьечIин 35 соналъ балагьун чIун букIараб «эркенлъи бачIараб» куцин. Лъабго къоялъ халат рахъине ругел гьел тадбиразул гIурхъабалъ, Меркель гIахьаллъизе йиго Магърибалъул Алманиялде лъутулаго нухда чIварал ракIалде щвезариялъул церемониялдаги.

Глобалиял хиса-басиязе квербакъарал реформаби гьарурав СССРалъул экс-президент Михаил Горбачевги щвезе вуго гьал къояз Берлиналде.

XS
SM
MD
LG