МагъчIваялъе рес

Гъаякент: арав щив, вачIарав щив?


Араб соналда хъулухъалдаса эркен гьаун вукIарав Гъаякент мухъалъул нухмалъулев ХIамзаев ГIилмудин гьанже чIун вуго жив тIадвуссунев вугин гьеб хIалтIудейин. Дагьалъ цевегIанин абуни заманаялъ гьениве нухмалъи гьабизе витIун вукIана МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадэмин ХIажиев.

ГIильмудин ХIамзаев Гъаякент мухъалъул нухмалъулесул хъулухъалдаса эркен гьавун вукIана хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъул ва бесдал лъималазе рукъзал рикьулаго рекIкI гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун. ЦIех-рех лъугIизегIа гьев жанив тIамун вукIана Гьединго хасал хъулухъазул щаклъи букIана пачалихъалъ бесдал-лъималазе биччараб 63 млн гъурущги бикъун, гьеб гIарац ХIамзаевас хъачагъазе кьолеб букIиналда.

Араб анкьил ахиралдайини абюуни Черновикалъул сайталда хъвалеб букIана Гъаякент мухъалда субботник унеб заманалъ гьенивеги вачIун ХIамзаев ГIильмудиница абун рагIулин мухъалъул депутатазда, жив амнистиялде гъоркье кканин ва гьанже жиндир кинабго ихтияр бугин жиндирго букIараб хъулухъалде нахъвуссине

Дагьал церегIан къояз заманалъ Гъаякент мухъалъул нухмалъулесул ишал тIуралевлъун тIамун вукIана ХIажиев МухIамад-эмин. Гьелде щвезегIан гьев вукIана МахIачхъала шагьаралъул, Советский мухъалъул нухмалъулевлъун. Жакъа къоялъги гьев жиндаго тIадал ишал тIуралев Гъаякенталда вугилан бицана «Эркенлъиялъе» МахIачхъалялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан ГIалимирзаева Зайнабица

Зайнаб ГIалимирзаева: « ГIидьмудин ХIамзаеваас гьабураб лъазабиялъул хIакъалъулъ нижеда лъалеб жо гьечIоха щибниги. Жакъа къоялъги М-Э. ХIажиев Гъаякент мухъалъул ишал тIуралев вуго. Гьев мухъалъул гIадамалгун ва хIакимзабигун дандги чIван вуго, бакIалъул маъалабазул бугеб ахIвал-хIалалъул суалал дандралев вугилан абуна. Советский мухъалад гьесул ишал тIуралел руго М-Э ХIажиев хисулес, батIияв нухмалъулевги кватIичIого тIамизе ватила»

Абизе ккола живго ХIажиев МухIамад-эминги социалиял сетаздаса гIебед гIезегIан машгьурлъи щварав чи вугин ва гьев лъалез гьесие къимат кьолеб буго цIакъ жиндирго иш лъалев чи вугилан.

Гьаниб суал бачIунеб буго щай хъулухъалдаса нахъе ритIунги хадубги цо-цо мухъалъул рукIарал нухмалъулез инкар гьабулеб хабар къотIун нахъе инеян. Шайгурелъул дагьаб цебегIан Дербент мухъалда букIана кIудияб ахIи-хIур, гьелъул вукIарав нухмалъулев Къурбанов Къурбаница нахъе ине инкар гьабураб мехалъ. Ахирги диванханалъ тIад ишги рагьун ине тIамуна гьев нахъе. Гьанже гьесул бакIалде тIамун вуго ЯхIя ХIажиев абурав чи. Дербент мухъалъул нухмалъулев хисиялъул тадбир хех гьабизе кколеб ахIвал-хIалалде бачIун букIанин Дагъистаналъул нухмалъиялъул иш, щай абуни Къурбан Къурбановас гьениб киса-кибего квер лъун букIараблъидалин ва Дагъистаналъул нухмалъиялъухъа бажаранин гьеб иш рагIалде бахъинабунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, журналистасул цIех-рехал гьарулев ГIабдурашидов МухIамадица.

Дербент мухъго гIадин, Гъаякент мухъги буго росдал магIишаталдасан хьихьараб бакI. Гьенирги руго дораго гIадал чIахIи-чIахIиял росдал магIишатал, цIолбол ахал. Гьединлъидал гьеб киналдаго тIад кверщел гьабизе щвеялъулъги кIудияб магIна бугин рикIкIунеб буго МухIамад ГIабдурашидовас. Гьединго бугила цогидаб рахъги.

МухIамад ГIабдурашидов: Гъаякент мухъалда ХIамзаев рикIкIуна кутакав миллатчилъун. ГIезегIан лъикIаб мугъчIвалеб бакIги буго гьесул. Масала, гесул вас вукIана гьенив прокурорлъун. Хадув Гъарабудагъкенталде витIана гьев. ГIилмудин ХIамзаевасда сверухъ цIех-рех байбихьана газетаздасан гьесул хIакъалъулъ хъвазе лъугьиндал. Бесдал лъималазе пачалихъалъ биччараб гIарац тIокI гьабун бугин хъвалеб букIана киса-кибго. Гьедин цIех-рех рагIалде щвезегIан махIрум гьавун вукIана гьев хъулухъалдасаги. Гьесда хурхун цIех-рехалъ гIайиб щолеб щибниги жогIаги тIатинабун батилароха, нахъвуссун ХIамзаев вачIун ватани. Гьединлъидал гьесул ихтияр буго хIалтIизе»

Амма гьаниб тIаде жубазе ккола, мухъалъул депутатазул букIараб дандчIваялда жиндир ихтияр бугин нахъойги Гъаякенталъул бетIерасул хъулeхъ тIубазеян ХIамзаев ГIильмудиница абун бугилан гурони тIокIаб цIияб баян гьелда бан къватIибе бачIинчIилан.

XS
SM
MD
LG