МагъчIваялъе рес

Чан сон бугеб МахIачхъалаялъе?


МахIачхъалаялъул аслияб майдан
МахIачхъалаялъул аслияб майдан

МахIачхъала шагьар гIуцIаралдаса 170 сон тIубаялде ракIалде щвеялъул гамачI лъуна республикаялъулги тахшагьаралъулги нухмалъиялъ. Амма гьениб шагьар жеги цебехунги букIанин, гьеб бугин гIурусазул хан Петр ТIоцесев гьениве вачIиндал ургъараб тарихилан рикIкIунеб буго цо-цо дагъистанияз. Гьел мекъи ругин, гьанжесеб МахIачхъала букIараб ракьалда магIарулги цогидалги нуцалзабазул гIиял хьихьулеб бакI букIун буго.

Дагъистаналъул тахшагьар гIуцIаралдаса ун буго 170 сон. Цин гьелда цIар букIана Порт-Петровск, хадуб инкъилаб ккедал, лъуна социал-демократ МахIач Дахадаевасул цIар. Ригь арал дагъистаниязин абуни Анжи янги абула гьелда.

ПалхIасил, шагьаралда тIоцересел минаби рараб бакIалда, басрияб шагьаралда, ракIалде щвеялъул гамачI рекъезабуна республикаялъулги шагьаралъулги нухмалъулез.

МахIачхъалаялда сверухъ ругел лъарагIазул росабалъа гIадамазул гIемерисез билълъанхъизабулеб пикру ккола МахIачхъалаялъе 170-саги цIикIкIун сонал ругин абураб пикру. Масала, Анжи абураб шагьар букIанила гьениб. ГIурусазул хан Петр ТIоцевесев I70 соналъ цеве гьабсагIаталда МахIачхъала бугеб бакIалда рещтIунилан гьесул хIурматалда Порт-Петровск абураб шагьаралъе кьучI лъунин бугила бицунеб. Гьеб кколила Россиялда берцин рихьизе гьабулеб жо.

Гьелда цадахъго лезги миллаталъул чагIазги ракIалде щвезабулеб буго Дербенталда бан тарихчи Муртуз ХIажиевас билълъинабулеб пикру. ГьанжелъагIан рикIкIунаан гьеб шагьар 5000 соналъ цебе гIуцIанин, гьанже тарихчияс чIезабун буго гьелдаса нахъе кIиазарго гурони сон инчIилан.

МахIачхъалаялъул бакIалда цебе некIсияб Анжи шагьар букIиналъул пикруялда тIадрекъолев гьечIо тарихчи Айтберов Тимур.

Айтберов Тимур: «ГIарабазул хъвай-хъвагIаязда гьечIо гьелъул цIар рехсараб бакI. ГIарабазулгун хазаразул рагъал унеб заманалда гьезул хъвалев хасав чи вукIунаан рагъухъабазда цадахъ. БукIине бегьулареб жо гуро эб батIаго, букIун батила Анжи абун цониги хъала, амма мухIканго гьелъул цIар рехсараб бакI гьечIо. Нижехъ руго некIо гьанир ккарал рагъазул хIакъалъулъ гьарурал хъвай-хъвагIаял. Гьениб щайха хъвачIеб Анжиялъул, букIараб шагьар гьеб батани?».

МагIарухъан МахIачхъалаялде рачIунеб шималияб мухъалда ираналъулаз буцур бан букIун буго 300 соналъ цебе. Гьеб букIун буго Дагъистаналде Ираналъул тIадецуй цIикIкIараб заман. Хадур гьенир чIваднал хутIун руго. Гьелги Калмыкалъул рахъалдасан тIадекIанцIиял рукIине бегьулилан, бакIалъул ханзабаз цIи гьарулел рукIун руго.

ПалхIасил, гьанжесеб МахIачхъала бугеб бакIалда кинабниги шагьар яги росу абураб жо букIинчIин бицана ЭР-лъе тарихчи Айтберов Тимурица. РукIанила гIицIго Таргъу, Кяхулай ва цогидал росаби. МахIачхъала бугеб гIемерисеб бакIалда хьуцIалги рукIанила, хутIараб рахъалда магIарухъа рачIарал гIадамаз магIарул нуцабазул ва цогидал ханзабазул гIиги хьихьулаанила.

Айтберов Тимур: «ПалхIасил, МахIачхъала бугеб бакIалда рукIана хъутаби. Гъазаваталъул заманалда Шамилил муридзабаз тIадекIанцIиял гьарулеб мехалда Анжи архъа абулеб бакIалда гIурусаз рана жидерго ярагъ, сурсатал жанир цIунулел бакIал. Гьеб кинабго жанибе бачараб хъаладул чIваднал рукIана дида лъалеб мехалдаги. Гьанже гьениб туснахъ буго. Цинги гъазават лъугIун хадуб гьеб бакI сверун минаби, портги, цогидабги базе байбихьана гIурусаз. Хадуб гьеб бакIалъе кьуна шагьаралъул даражаги. Гьеб буго дида лъалеб жо».

ТIоцебесеб МахIачхъала абулеб бакIалда, маяк лъураб гохIда, букIанин некIого гIадамал чIараб бакIин бицуна цо-цо махIачхъалаялъулаз. Айтберов Тимурица абулеб буго жиндаги рагIанила гьеб, амма некIсиял хъвай-хъвагIаязда батичIила гьелъул хIакъалъулъ кинабгIаги бицен.

XS
SM
MD
LG