МагъчIваялъе рес

Бортизе тIину балагьулеб гъурущ


Итни къоялъ нахъойги хехаб куцалда эхеде бахана цебесеб анкьалда дагьабго гIодобе ккун букIараб долларалъулги евроялъулги багьа. Центробанкалъ абулеб буго ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабизе кIварабщинаб гьабулеб бугилан. Амма гьединал лъазабияз халкъалъул рахIатвей дагьлъизабулеб гьечIо. Жидерго гъурщил нахърател долларалде сверизабизе гIедегIулел гIадамал къоялдаса къоялде цIикIкIунел ругилан хъвалеб буго информалатазги. Щиб хисизабураб доллар циндаго хиралъиялъ дагъистаниязул гIумруялда жаниб?

Цебесеб анкъалъ цо гъурщица гIодоб ккун букIараб доллар нахъойги хиралъана лъабабилеб ноябралда, гьанже цо долларалъул багьа буго 43 гъурущги 37 копейкги. Евро -54 гъурущги 23 копейкги

Доллар хиралъизе байбихьана сентябрь моцIалдаса байбихьун. Нартил баррелалъул багьа гIодобе ккана, гьелда рекъон хиралъизе байбихьана дунялалъул валютаги. 33 -34 гъурщиде букIараб долларалъул багьа дагь-дагьккун эхеде бахине байбихьана.

Экономистазгун экспертаз кьолел баянал рукIана гIадамазул дагьабги рахIат хвезабулел. Нахъе цIунараб гIарац бугел гIадамал гIедегIана гьеб долларалде буссинабизе. «Центробанкалъ» гьарулеб букIана гьединазда гIедегIунгейин, низам гьечIого гIарац долларазде буссинабизе лъугьиналъ ахIвал-хIал дагьабги хIалуцинабизе бугилан.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех рех гьабуна гIадатиял дагъистаниязда гьоркьоб, циндаго доллар хиралъиялда бан кинаб рахIатхвей нужее ккараб ва щибниги хисизабуниш нужер гIумруялда гьеб лъугьа-бахъиналъилан. Гьеб суал нижеца кьуна батIи-батIияб хъулухъ пишаялъул, батIи-батIияб ригьалъул, шагьаралдагун магIарухъ гIумру гьабун ругел дагъистаниязе. Гьале гьез кьурал жавабалги:

-Картошка бичулесги абунаха дида доллар хиралъун бугилан. Дица гъосда абуна дуца долларалъухъги босунищин гьеб хуриб бекьун букIарабилан. ГьелтIе гIунтIун кинабниги жо бугоха доллар бахун бугиланги абун хиралъун. Цо анкьида жаниб, гъоркь базаркъоялдаса жакъаялде 70 гъурщица хиралъун буго ролъул хъапалъул багьа. Гьединго хиралъун буго чакар, ретIел-хьит. Гьеб мехалъ рахIат хвечIого букIиниш, цадакъаго автомобилалде тIолеб цIатариги хиралъун бугеб мехалъ. Базаралда бицунеб жо гьеб буго, доллар хиралъун бугилан. Нилъецаго хуриб бекьараб картошка бичулев чиясцин доллар хиралъун бугилан абураб мехалъ гьелдаса рахIат хвараб жо щибха букIинеб?

-Дие зарал ккана гьелъул. Гьале мисалалъе бачинин, дие бокьун букIана автомобилалъе хIажатаб алат босизе Грузиялде ине, гьениб абуни гьеб босизе ккола долларалде, дие гьеб хираго чIезехъин буго. Цебе доллар букIан 32 гъурщиде гьанже гьеб 43 гъурщиде бахун буго.

-БитIараб бицани цо бицинегIанаб захIмалъи дир гIумруялда гьечIо доллар хиралъунилан. У, букIине бегьула цо кинаб букIаниги батIалъи, амма гьеб кIудияб гьечIо. Гьединлъидал доллар 30 гъурщиде букIаниги 43 гъурщиде букIаниги дие гьелъ хисизе жо гьечIо.

-Дирго цо гьединаб рахIатхвей гьечIо, гIадамазулалда дандеккун. Базаралде щварабго киназулго кIалдиб бугеб жо буго доллар хиралъун бугилан. Диегоги, дир лъалел хъвалезеги гьелъул цо асар гьечIо цогидазе гIадин. Киве щваниги гIадамазул кIалдиб гьеб калам буго доллар эехеде бахун бугилан, гьеб рагIизе бокьулеб гьечIо. ГIадамазул лъай-гIакълуялъе цIакъ кIудияб асар гьабулеб буго гьелъ.

-Дица хурги бекьула, бокьги бахъула, долларалда бараб жоги дир щибниги гьечIо. Дирго гIатIалъхинкIги куна дица, данде бетараб рахьги ххула, гьеб долларалъ яхъун чIезаюн йикIинчIо дун гьанжелъизегIанги. Гьеб хиралъизе бокьилароха, олигархазеги, бизнесменазеги, цIогьабазеги. Дие насияб пенсияги бачIуна дие Путиница. Дир рахIатхвезабичIо гьелъ тIириги, цIакъ лъикI хьихьун йиго бетIергьанас.

МахIачхъалаялдаса бизнесчи ГIабдулатIипов Шагьидас «Эркенлъиялъе» бицана доллар хиралъиялдалъун жиндир даран базаралъе цо кIудияб, бицине гIанасеб зарал ккечIилан.

Бизнесчи Шагьидав: «Цо-цо къайи хиралъанаха. Мисалалъе Сникерс, Марс ва гьелда релъараб кваналеб тIагIам. Амма цо кIудияб зарал диего ккечIоха. Ккеллан букIраб дир аслияб даран долларазда бараб букIарабани».

Доллар хиралъиялдалъун Дагъистаналъе лъабго жоялъ асар гьабизе бугин рикIкIунеб буго экономист Михаил Чернышовас. Хиралъизе бугин цIатари, гьелда рекъон хиралъизе бугин аслиял кванил нигIматазухъ кьолел багьаби ва инфлацияги эхеде бахине бугин. Импорталъул къайи Дагъистаналде баччулел рукIарал бизнес чагIаз гьанже гьеб босизе кколин хираго ва гIдамазеги гьез гьеб хираго бичизе ккезе бугин. Базаразда ахIвал-хIал гьадинаб куцалъ хисизе бугилан абулеб буго экономистас. ГIадамаца цIикIкIун гIарац кьезе бугин кванил нигIматазухъ цогидаб къайи-цIаялде хIажалъи гIодобе ккезе бугин

Нижеца гьесда гьикъана 16 соналъ цебе, 1998 соналъул августалда циндаго доллар хиралъиялъул хIасилалда букIараб кризисги, гьанжесеб кризисалъулги кинабин къуватаб букIине бугебилан. Чернышевасул рагIабазда рекъон 1998 соналъул дефолт исана букIаралдаса къуватаб букIун буго.

Михаил Чернышов: «1998 соналъ гIадаб кризис букIине гьечIо, дагьабго гьаб релъалъараб букIине буго 2009 соналда, амма доб мехалъ гIадин гIарац гIадамазе щвезе гьечIо бюджеталдаса. Доб мехалъ Дагъистаналън 45 процент бюджеталъул щун букIана тIадеги ва кризисги кIудияб квачIакълъи бихьичIого нахъечIвазе кIун букIана. Гьанжеийн абунин Дагъистаналъе дотациял дагь гьарун руго гьединлъидал щибниги лъикIаб жо гIадамазе гьелдаса щвезе гьечIо».

Центробанкалъ кьурал баяназда рекъон 2014 соналъул ахиралде инфляциялъул къадар букIине буго 8,5 процент.Сербанкалъул макроэкономикикял цIех рехал гьарулеб централъ гьеб жеги кIодо гьабулеб буго - 9 пороценталда щвезегIан ва 2015 соналъул тIоцIебесеб лъабго моцIиде инфлация бащалъизе бугин 9,5 проценталда. Гъурщил къимат хвеялъ ва багьаби эхеде рахиналдалъун тIоцебе кьаби щвезе бугин пенсионеразда, сакъатал гIадамазда ва гIемерлъимал ругеб хъизамалдаян пал тIамулеб буго макроэкономикиял цIех-рехал гьарулеб централъ.

XS
SM
MD
LG