МагъчIваялъе рес

ЕС: Украиналъул жанубиябгун-машрикъалъул рахъалда тIоритIарал рищиял легитимиял гьечIо


Евроцолъиялъ легитимияллъун рикIкIунел гьечIо 2 ноябралда Украиналъул жанубиябгун-машрикъалъул рахъалда сепаратистазул контролалда ругел территориязда тIоритIарал рищиял.

Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул вакил Федерика Могериница лъазабуна гьел, къануналде данде кколарел рищиял, Украиналда рекъел чIезабиялъе цоги квал-кваллъун лъугьанин. Гьедин лъазабулеб буго Ройтерсалъ.

Гьел рищиял къануналде данде кколарел ругин рикIкIунеб буго Америкаялъги, магърибалъул улкабазги, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муницаги.

Гьебго заманаялда, Донецкалъул ва Луганскалъул, гьез абухъе, «халкъиялъ республикабазда» тIоритIарал рищиял къануналде данде кколеллъун ва рищиязул къанунал цIунун тIоритIараллъун рикIкIунел руго Москваялъ. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна «Луганскалъул ва Донецкалъул оккупация гьабурал мухъазда тIоритIарал рищиязул халкъалъул пикругун гIаммаб жо щибго гьечIин ва гьез хвезарулел ругин Минскалда конфликталда ругел рахъаз гьарун рукIарал къотIи-къаялин. Гьесул рагIабазда рекъон, гьел рищиял руго «танкалгун автоматазул хIарабазда гъоркь гьабураб фарс».

Украиналъул хIинкъигьенчIолъи цIуниялъул хъулухъалъ «улкаялъул нухмалъи хIалгьабун рехизе харакат бахъи» абураб гIайибги гIунтIизабун такъсир гьабиялъул иш рагьун буго гьел рищиязда хурхун.

XS
SM
MD
LG