МагъчIваялъе рес

Сакъатлъи - лъай щвеялъе квекIен гуро


Дагъистаналда ругел сакъатал лъималазул аслияб къадаралъе мугIалимзабаз рокъо-рокъоре хьвадун лъай кьола. Гьелдаго цадахъ, Дагъистаналда хIалтIулеб буго сакъатал лъималазе манзилалда лъайкьеялъул идараги. Гьеб республикаялда хIалтIулеб бугелдаса исана гIола лъабго сон.

Лъайкьеялул министерлъиялъул баяназда рекъон, Дагъистаналда сакъатлъи букIун школалде рачIун гIаммаб лъай босизе рес гьечIел лъималазул къадар 4500 лъимаде бахунеб буго. Аслияб куцалда гьединал лъималазул лъай босизе ругел ресал цIакъ мукъсанал рукIунелги руго. Гьедин гьезие рокъо-рокъоре рачIун лъай кьолеб буго мугIалимзабаз. Гьоркьохъеб куцалъ анкьие кIиго лъабго сагIат кколин гьединал дарсазулин баян гьабуна, рокъов тун лъай босулев, сакъатав васасухъе хьвадулей мугIалим МухIамадова Умужатица.

МугIалималъул пикруялда, гьеб кколеб буго цIакъ мукъсанаб абизе пайда гьечIеб жо.

Гьеб ахIвал- хIал заманаялдаса тIубан лъугIизе рес бугин рикIкIунеб буго лъайкьеялъуд хIалтIухъабаз. Гьеб пикру хурхараб буго, сакъатлъи бугел лъималазе лъай босизе гIемер ресал кьолеб букIиналъ Республикаялъулаб манзилалда лъайкьеялъул идараялъ.

Дагъистаналъул республикаялъулаб манзилалда лъайкьеялъул идара рагьун бугго 20II соналъ.

ТIоцебесеб соналъ гьениб лъай кьолел лъималазул къадар 90 ялде бахунеб букIун батани, идараялъул баяназда рекъон, 2014 соналъ гьезул къадар 150 лъимаде бахун буго.

Аслияб куцалъ гьениб лъай кьолеб бугин МахIачхъалаялдаса сакъатлъи бугел лъималазейин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Манзилалда лъайкьеялъул идараялъул мугIалим МухIамадова ГIайшатица. ГIайшат кколей йиго гIолохъанай мугIалим. Гьелъул рагIабазда рекъон, аслияб куцалъ гьенир хIалтIулел мугIалимзаби кколел руго жеги 30 соналъул ригьалде рахинчIел ва гIемерисел руго тIадегIанаб лъай щвеялъул багIараб диплом бугеб. Манзилалда лъайкьеялъул хIакъалъулъ гьадин баян гьабуна мугIалималъ.

МухIамадова ГIайшат: «ГIадатияб школалда данде ккун, манзилалалда лъай босиялъул лъикIлъи буго щибаб лъимаде кIвар кьезе щвей. ГIадатияб школалда гьоркьохъеб куцалъ 15-20 лъимер цо классалда букIунеб батани. Гьаниб цо мугIалимасухъ 2-3 лъимер гурого букIунаро. Щибаб къоялъ гьезие букIуна 6 дарс. Амма дарсал къокъал рукIуна. ГIицIго лъай кьей гуребги, лъималазе рес щолеб буго жидерго ригьцоялгун кIалъазе. Дида тIоцебе кколаан хIалтIи захIмалъилин, амма абизе кIола гьанир ругел лъайкьеялъул ресал ва техникияб база кIудияб ва бечедаб бугин. Лъималазе лъайщвеялъе квекIен кколеб гьечIо сакъатлъи».

ГIайшатил баяназда рекъон, шагьаралда ругел гурелги, гьединго росабалъ ругел лъималазулги рес буго манзилалда лъайбосизе. Техникиял ресал ругони, ай компьютер, интернет ва хIажатал техникиял алатал ругони. Идараялъ щибаб соналъ ритIулин кагътал иухъазул администрациязде ва лъайкьеялъул идарабазул нухмалъиязде, сакъатлъи бугел лъимал манзилалада лъай кьолеб идараялде ритIи тIалаб гьабун, амма гьел гIедегIулел гьечIин, сакъатлъи бугел лъималазе гьел ресал кьезейилан бицана мугIалималъ.

МахIачхъалаялда ругел улбуз жидецаго бищулеб буго манзилалда рукIун лъайбоси. Гьеб пайда бугеб бугин ва лъимаде лъайбосиялъе ресал гIемер кьолин. Гьелдаго цадахъ программированиялъул аслуял лъалин лъимадайин баян гьабуна МахIачхъалаялдаса МусахIажиева Султанатица. Султанаталил вас Ибрагьим кколев вуго сакъатлъи бугев. Гьеб сакъатлъи гьесие ккун буго тохтуразул гIайибалда. Гьедин Ибрагьимил цояб бох дагь гурого хIалтIулеб гьечIо.

Жинда вас сах гьавизе Астрахань шагьаралде арайго гьениб бицун букIанин улбуз жидер гьениб гьединаб идара букIиналъул ва Дагъистаналда гьеб рагьиялдаса жий цIакъ разияй йигилан баян гьабуна эбелалъ.

МусахIажиева Султанат: «Дун цIакъ йохана нилъер гьаниб гьединаб лъайбосизе рес букIиналдаса. Дир вас цин гIадатIияб школалде хьвадулаан. Гьенив гьев лъицаго къварид яги инжит гьавулароан. Амма мугIалимзабаз гьесда гурхIун лъикIал къиматал лъолел рукIана, гьев къварилъилин хIинкъун. Гьединго,нагагь дарс бичIчIизабулаго гьесда гьеб бичIчIун гьечIони, гьев нечолев вукIана гьеб бичIчIичIилан абизе. Гьеб киналъго цIалулъ нахъ кколева вукIана. Гьединго ниж батIи-батIиял азарханабазде индал гьоркьобкъотIулеб букIана цIали. Гьанжейин абуни, гьев цогидазда бащад цIалула. Гьев нечолев гьечIо бичIчIичIеб жо бичIчIичIин абизеги. Ду цIакъ разияй йиго мугIалимзабаздасаги».

Жалго гIадал лъималгун кIалъазе рес щвей ва гьединго жал сакъатал рукIиналъ жидедехун хасаб бербалагьи гьечIолъиялъ лъималазда жал тIоцебесеб иргаялда лъимал рукIин ракIалде щолин баян гьабуна Султанатица.

Дагъистаналда ругел сакъатал лъималазул гIицIго 8-9 % кколеб буго манзилалда лъай босулел, хутIарал лъимал советияб заманаялдасаго ругьунаб рокъоре мугIалимзаби хьвадун лъайбосиялъул системаялда цIалулел руго. Лъималазул ихтиярал цIунулел ва жамгIиял хIаракатчагIазул пикруялда, гьединаб лъайбосиялъул хIасилал цIакъ мукIсанал кколел руго. Гьелдаго цадахъ, сакъатал лъималазе церетIезе ресал кьолел гьечIо.

XS
SM
MD
LG