МагъчIваялъе рес

Украиналда сепаратистаз рищиял тIоритIула


Сепаратистазул контролялда гъоркь ругел Украиналъул Донецк ва Луганск икълимазда гьатIан къоялъ байбихьана бакIалъулал ва халкъиял республикабилъун лъазарурал рехсарал икълимазул бутIрузул рищиял. Рагьун буго гIага-шагарго рищиязул 400 бутIа.

Рищиязул бутIаби Рищиязул бутIаби Украиналъул территориялда гуребги – Россиялъул Ростов, Воронеж ва Белгород шагьараздаги рагьун руго Украинаялдаса тIурун, гьенир чIаразе.

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна Москваялъул хиял бугин рехсарал рищиязул хIасил къабул гьабизеин.

Америкалъул Цолъарал Штатазул ва Евроцолъиялъул тIадтараз гьелда бан абулеб буго Россиялъул гьадинаб позицияги сепаратистазул контролалда гъоркь жалго рищиял тIоритIиги Минскалда гьабураб ракълилаб къотIиялде данде кколарин.

XS
SM
MD
LG