МагъчIваялъе рес

Freedom House гIуцIиялъ Чачанлъиялъул ТIадегIанаб махIкама какана


Freedom House абулеб Америкалъул инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ какана Чачан республикаялъул ТIадегIанаб Диваналъул хIукму – чачаназул хIаракатчи Руслан Кутаевасе цебе гьабураб къотIи нахъе бахъичIого теялда хурхараб.

Гьесие бихьизабураб туснахъалъул ункъго соналъул болжал кIиго моцIалъ дагьлъизабун гурони, тIокIаб щибго хисун гьечIо ТIадегIанаб Диваналъ. Гьединго Freedom House гIуцIиялъ тIалаб гьабулеб буго Кутаевасул адвокат Петр Заикинида хадуб гьабулеб хал кквей ахиралде щвезаби.

Чачаназул политик ва жамгIияв харакатчи Руслан Кутаевасул жигаралдалъун 2014 соналъул февраль моцIалда республикаялда изну гьечIого тIобитIана 1944 соналда букIараб депортациялъул къурбанал ракIалде щвезариялъул тадбир.

Гьелдаса нахъе Кутаев ккун ва вуххун вукIана. Гьесда гьересияб гIайиб чIван букIана – гьес наркотикал цIунулел рукIанин абураб.

XS
SM
MD
LG