МагъчIваялъе рес

Украиналда гьабулеб агрессиялде данде Москваялда пикет


Москваялъул метрополитеналъул «Новослободская» абулеб станциялда аскIоб шамат къоялъ тIобитIана Украиналда Россиялъ гьабулеб агрессиялде данде «Солидарность» абулеб багъа-бачариялъ гIуцIараб пикет.

Гьелда гIахьаллъана къогогIан чи. Рехсараб багъа-башариялъул хIаракатчIужу Елена Глушкоца фейсбукалда жиндирго гьумералда хъван буго аскIоса унел гIадамаз къасд гьабулеб букIанин акциялъул гIахьалчагIазухъа игIланал рахъизе ва цо чанго чияс хIатта вагъизецин гIамал гьабулеб букIанин.

XS
SM
MD
LG