МагъчIваялъе рес

Иерусалималда ягьудиязул рухIанияв лъукъун вуго


Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, жиндир рахIат хвезабулеб бугин Иерусалималда ахIвал-хIал хIалуцунеб букIиналъ.

Хамиз къоялъ Вашингтоналда цевен вахъун, гьес какана Менахем Бегинил цIаралда бугеб Централда ягьудиязул динияв хIаракатчи Йегьуда Гликиде арбагI къоялъул къаси гьабураб гьужум. Гьев лъукъун вуго.

Бахъараб кьвагIа-гIанхъиялъул хIасилалда Гликиде гьужум гьабурав палестинияв полициялъулаз чIвана.

Гликил буго кIиго гражданлъи – Америкалъулги ГIизраилалъулги. Гьес тIалаб гьабулеб букIана Аль-ГIакса мажгит бугеб магIарда жугьутIазе как базе ихтияр кьей.

Доб магIарда бусурбабазе цойги хирияб бакI буго.

XS
SM
MD
LG