МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министрлъун тIамуна гIурусай


Дагъистаналда унел руго иргадулал кадровиял хиса-басиял. Хамиз къоялъ Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министрлъун тасдикъ гьаюна Татьяна Гамалей. Гьелде щвезегIан гьей хIалтIулей йикIана МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулев хисулейлъун.

30 октябралда Дагъистаналъул нухмалъулес гьабураб хIукмуялда рекъон республикаялъул миллияб политикаялъул министрлъун Татьяна Гамалей тасдикъ гьайи гIемерисезе ракIалдаго гьечIеб лъугьа-бахъинлъун кканин абизе бегьула.

Гьеб хъулухъалде тIамизесел чагIазул цIарал тIалъиялъ лъиениги загьир гьарун рукIинчIо, амма халкъалда гьоркьор рехсолел рукIана гьенире рачIине рес бугелин абулел гIадамазул цIарал.

Гьезда гьоркьор рукIана политолог Энвер Кисриевасул, ГIабдулнасир Дибиров ва цогидалги. Амма ахиралде щвезегIан киназего балъголъилъун букIана цIияв министрасул цIар. Гьелде щвезегIан гьенив министрлъун вукIана Алексей ХIасанов

Гьаниб суал баккулеб буго гIурус миллаталъул гIадан Татьяна Гамалейида рагIа-ракьанде щун лъалищ миллияб политикаялъул хаслъиги цогидабги абураб.

Амма Зикрула Ильясовас рикIкIунеб буго чIужугIадан гьеб хъулухъалде тIамиялъул пайда цIикIкIараб букIине бугилан. Гьев ккола миллияб политикаялъул министр хисулев.

Зикрула Ильясов: «Миллияб политикаги гьеб гIодоббиччан гьабизе кколеб хIалтIи буго гьединлъидал гьеб хIалтIуда жаниб чIужугIадамалъул пикруги гIодоббуссараб, ракълилаб букIинилан ккола дида».

Мэрасул нухмалъулейлъун хIалтIулагоги кIудияб хIалбихьи щварай гIадан йиго гьей, миллияб политикаялда жаниб гьабулеб хIалтIулъ жигараб гIахьаллъиги букIана гьелъул гьединлъидал гьеб хъулухъалде тIамизе рукIарал гIадамазда гьоркьой гьей бищун мустIахIикъай йигилан кколеб буго дида».

ХIасил-калам миллияб политикаялда хIалтIулел гIадамаз щибго дандечIей гьечIого къабул гьабунин цIияб хабарилан абуна Зикрула Ильясовас.

Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министрасул хъулухъалде гIурус миллаталъул чи тIамизе вукIиналъул суал гьоркьоб лъун букIанин республикаялъул нухмалъиялъ ва бищун цебе гьеб хъулухъалде тIамизе ракIалда букIанин Тарумовка мухъалъул нухмалъулейлъун йигей Абрамкина Маринае, амма гьелъ инкар гьабун бугилан бицана «Миллаталъе» магIарулазул Миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца. Гьесул гьадинаб пикру буго цIияй министралда тIасан.

Маркъо ШагIбанов: «Дир хIисабалда гьеб идараялда ГIали таниги, ГIумар таниги цо хисизе жо бихьуларо дида. Жийго Гамалейги жиндирго хIалтIи лъалей, ургъун гурони рагIи абуларей, иш билълъарай гIадан йигилан абулал гьей лъалез.

Киналго хIужабиги хIисабалде росун гьей гIадамалъухъа хIалтIи бажаризе букIиналда дир щаклъи гьечIо».

Татьна Гамалей гьеб хъулухъалде тIамиялъул букIине бегьула гьадинаб магIнаги, гьелъул рос ГIалиев Муса ккола ГIахъвахъ районалъул КIаратIаса.

ЦIияй министралъул буго 54 сон. Гьаюна Хасавюрт шагьаралда. 1983 соналъ Дагъистаналъул Пачалихъияб университетги лъугIизабун гьебго университеталда хIалтIулей йикIана гьей, 2011 оналъ МахIачхъалаялъул администрациялде хIалтIизе ячIинегIан.

XS
SM
MD
LG