МагъчIваялъе рес

Бангладешалъул диваналъ бусурбабазул цевехъанасе хIукму къотIана


Рагъулал такъсиразул цIех-рех гьабулеб Бангладешалъул диваналъ улкаялда бугеб бищун кIудияб Исламияб партиялъул цевехъан Мотиур РахIман Низами чIвазе хIукму гьабун буго.

Гьесда чIвараб гIайиб – 1971 соналда гьениб букIараб рагъда гьабураб инсаниятлъиялде данде такъсирчилъи. 71 сон барав «ЖамагIат аль Ислами» абулеб гьеб партиялъул цевехъан Низамиде гIаммаб къадаралда 16 гIайиб гIунтIизабун букIана – геноцид, чIвадари, гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьей ва цогидал.

Цо-цо Магърибалъул корреспондентазул пикруялда гьединаб хIукмуялъ улкаялда кIудиял протесталъул акциял рагъаризаризе рес бугин.

XS
SM
MD
LG