МагъчIваялъе рес

"Кибер-Беркуталъ" Киев "босун" букIана


Украиналъул парламенталъул рищиязда цебесеб къоялъ хакеразда бажарун буго Киевалъул къватIазда ругел чIахIиял экранал жидерго контролалде гъоркье росун, гьезда сепаратистазде данде Украиналъул рагъулаз операция тIобитIулел территориязда гражданияб халкъалда хурхун вахIшилъи бугин абураб магIнаялъул суратал рихьизаризе.

«Кибер-беркут» абураб хакеразул къокъаялъ гьабуралъул хIакъалъулъ бицана гьединго ТIоцебесеб каналъул эфиралдаги. Гьениб абулеб букIана улкаялда информалатаз рихьизаричIого толел суратал рихьизаризе бажаранин гьеб «Кибер-беркуталдайин», Киевалъул экраналда рихьизарурал ракI гъанцIизабулел суратал рахъун рукIанин Донецк ва Луганск областазда Украиналъул армиялъ антитеррористияб операция тIобитIулеб мехалдайин.

Амма гьениб бихьизабураб бищун дагь босун цо сурат бахъун букIун буго къогогIан соналъ цебе. Сураталъул оригиналда бихьизабун буго бахъараб рахъалда жаниб гражданиял гIадамазул жаназабазул халатаб мухъ. Гьелде балагьун рахъалъул рагIалда вуго солдат.

Бицен гьабулеб буго Чачаналъ рагъ унеб мехалда чIварал гIадамазул жаназабазул эксгумация гьабун рагьараб гIаммаб хобалъул бахъараб сураталъул. Сурат бахъун букIун буго I995 соналъул 3I марталда Грозныялъул православияб хабзалалъ «Франс-пресс» агентлъиялъул мухбир Александр Неменовас. (Сурат батIун буго AFPялъул архивалда).

25 октябралда Киевалда хакеразул атака гьабулеб мехалда гьеб сурат бихьизабун буго жаназабазде балагьарав солдатги нахъеги къотун. Ай рихьизарун руго халатаб гвендалда жанир ругел жаназаби.

Шагьаралъул биллбордазде гьабураб атакаялъул жавабчилъи жиндего тIаде босун буго «Кибер-беркуталъ».

Украиналъул рагьулаб конфликталда Украиналъул рагъулазул жанаварлъи бихьизабиялъул марадалда Россиялъул информалатаз тIоцебесеб нухалда гуреб хIалтIизарулел ругел Шималияб Кавказалда рахъарал зулмуялъул сценаби рихьизарулел материалал.

Маялда «Россия-I» телеканалалъ бихьизабуна I8 моцалъ цебе Гъабардагун Балкариялда хасаб операция унеб мехалда рахъарал кадрал. Гьел кьолаго лъазабун буго Киевалъул къуватаз Донецк областалда гражданияб халкъ хIинкъизабиялъе зулмуялъул гьединал къагIидаби хIалтIизарулел ругинги абун.

Кремлалъ телеканалалъул нухмалъиялде тIамурав Дмитрий Киселевас хадуб лъазабуна, гьеб букIанин гъалатIин. Гьениб кинабгIаги манипуляция букIинчIин. Гьеб видео кьеялъул гIайиб букIанин гIолохъанал божилъ бугеб махшел гьечIел видеотехниказулин.

Хакераз жидерго атака гьабулеб мехалда Украиналъул тахшагьаралъул къватIазул экраназда рихьизаруна монтаж гьабураб материал. Украиналъул лидерал рихьизарун, гьезул щивасул сураталда тIад лъолеб буго «рагъулав такъсирчи» абурал титрал-мугьру. Гьезул суртазда гьоркьор рихьизарулел рукIана ботIролъ таманчIа речIун гIадамал чIвалеб куц. ГIемер «бидулал» суратал.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ ва Amnesty International абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ Украиналъул конфликталъул кIиябго рахъалда гIайиб гIунтIизабуна, гьез диван гьабичIолго гIадамал чIваялъул, гьезие гIазаб кьеялъул ва цогидал къануназде данде кколарел къагIидаби хIалтIизариялъул.

Араб анкьалда Amnesty International гуцIиялъул Европаялъул ва Централияб Азиялъул офисалъул директор Джон Далгьюсеница лъазабуна, Россиялъул информалатаз кIодо-кIодо гьабун бицунеб бугин Украиналъул рагъулазул «вахIшиялъиялъул» хакъалъулъин.

Щиб жо кколеб «Кибер Беркут»? Хакеразул къокъаялъ жиндиего цIар босун рагIула Киевалда Майдан унеб мехалда I00 демонстрант чIваялъул гIайиб гIунтIизабун хадуб бихизабураб «Беркут» абураб милициялъул хасаб къокъаялъул. Гьебго «Кибер-беркуталъ» жиндего тIаде босун буго соналъул байбихьуда НАТОялъул сайтазде гьабураб хакер-атакаялъулги.

XS
SM
MD
LG