МагъчIваялъе рес

Америкалъул 10 аскариязе карантин лъазабун буго


Цолъарал Штатазул тIадтараз жамгIиял бакIаздаса ратIа гьарун руго Магърибалъул Африкаялдаса тIад руссарал аскариял.

Америкалъул гIага-шагарго анцIго рагъулав хъулухъчи щвезавун вуго Италиялда бугеб америкалъул рагъулаб базаялде.

Африкаялда гьез Эбола абулеб унтиялде данде гьабулеб къеркьеялъулъ гIахьаллъулаго. минаби ралел рукIана.

Гьел аскариял рехсараб унтиялъ унтун гьечIин, абулеб буго тохтурзабаз аммаила лъабго анкьида жаниб гьезул сахлъиялъухъ хал-щал гьабизе кколин, баян гьабуна гьез.

XS
SM
MD
LG