МагъчIваялъе рес

Милошевичасда хурхарал санкциял нахъе рахъана


Евроцолъиялъ нахъе рахъана Югославиялъул вукIарав президент Слободан Милошевичасул хъизамалде ва гьесул политикиял ишцоязде данде цере лъазарурал санкциял.

Гьадин лъазабуна нижер радиоялъе Евроцолъиялъул вакилзабаз. Гьединаб хIукму гьабун бугин рехсарал гIадамаздаса Евроцолъиялъе хIинкъи щун гьечIолъиялъ. 2000 соналда банказда цIорозарун рукIана Милошевичил, гьесул лъадил ва васасул активал.

Гьединго цIорозабун буго Сербиялъул экс-президент Милан Милутиновичасул гIарац.

Милошевичасда чIвазабун букIана рагъулаб таксирчилъиялъул ва инсаниятлъиялде данде гьабураб такъсирчилъиялъул гIайиб.

XS
SM
MD
LG