МагъчIваялъе рес

Дж.Байденица сапар бухьизехъин буго Украиналде


Украиналда арал парламентиял рищиязул бюллетенязул 84 проценталъул гьабураб рикIкIеналъул хIасилалда рекъон бергьенлъи щолеб буго «Халкъияб Фронт» абулеб премьер-министр Арсений Яценюкил партиялъе. Рищиязул Централияб Комиссиялъул баяналда рекъон кIиабилеб бакIалда буго «Петр Порошенкол» блок.

Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица ноябрь моцIалъул бащалъуда Украиналде сапар бухьизехъин буго. Гьадин гьес лъазабуна итни къоялъ Украиналъул президент Петр Порошенкогун букIараб телефонияб гара-чIвариялда. Гьоркьоб лъезесел суалал – кIирахъалъулал бухьенал ва Украиналдаса Россиялъул аскариял нахъе рачиналъул проблема.

XS
SM
MD
LG