МагъчIваялъе рес

Россиялдаго дагъистаниял кколел руго бищунго хIалимал гIадамал


РахIмуялъул акциязда гIадатияб халкъ гIахьаллъиялъул рахъалъ Россиялъул федерациялъул субъектазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккун буго тIоцебесеб бакI. Гьединаб хасил бихьизабун буго Россиялда гIадатиял гIадамазул рахIмуялъул акциязул рейтингалъ.

Гьеб рейтинг гIуцIун буго «Русфонд» абулеб кумекалъулаб фондалъ улкаялъул бищунго кIудияб 54 регионалда гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда рекъон. Гьедин лъазабулеб буго россиялъул цо-цо информалатаз.

Россиялъул регионазда гIумру гьабулел гIадамазул къадаралде балагьун ва гьезда гьоркьоса рахIму-цIобалъул акциязда гIахьаллъулезул къадар гIадахъбосун, гьеб рейтингалда кIиабилеб бакI ккун буго Саратовалъул рахъалъ, хадур руго Башкортостан, Краснодаралъул ва Оренбургалъул ракьал.

Гьел цIех-рехазул хIасилаз бихьизабун буго ахираб соналда жаниб жидеда лъаларел гIадамазе кумек Россиялъул шагьаразда гIумру гьабулезул 62%- 85% гьабун букIин.

ГIадамазул 73 проценталъ кьун буго гьардухъабазе гIарац, 20% кьун руго кванил нигIматал ва цIех-рехазда гIахьаллъаразул бащдаз ратIлидалъун кумек гьабун буго.

Гьеб рейтинг гIуцIун буго Дунялалдаго рахIмуялъул рейтинг борцунеб куцалъул принципалги цIунун, ай хал гьабулеб букIун буго гIарцудалъун кумек гьабурал, лъаларел гIадамазе кумек гьабурал ва жамгIиял мурадазе гIоло хIалае рахъарал гIадамазул къадаралде балагьун.

Дагъистаналда дагьал гьечIо рахIмуялъул фондал: «БацIцIадаб ракI», «Инсан», «Хьул», «Маграм ГIабдуллаевасул цIаралда бугеб рахIмуялъул фонд», «СагIидмухIамад ХIажил цIаралда бугеб фонд» ва гIемерал цогидал.

Гьел фондаз язихъал хъизабазе рукъ-рукъ ккун кванил нигIматал щвезариялдаса байбихьун батIи-батIиял унтарал сах гьариялъе квербакъиялде щун гьабула хIалтIи. Гьединазул цояблъун ккола «Маграм ГIабдуллаевасул цIаралда бугеб рахIмуялъул фондги». ГIолилаз социалиял сайтаздасан ахIи бан бакIарулеб букIана рак унтиялъ унтарав гIолохъанав вас ГIабдуллаев Маграм сах гьавизе гIарац. Амма гьеб кумек щвелалде Маграм гIумруялдаса ватIалъула. Гьелдаса хадуб, рак унтаразе кумекалъе гIуцIула Маграмил цIар кьураб фонд.

Дагъистаналда бищунго кIудиязул цояблъун буго «БацIцIадаб ракI» абулеб фонд. Гьеб халкъалда гьоркьоб машгьурлъун букIана ахирал соназда гьез рукъ-рукъккун язихъал хъизамазе кванил нигIмтала щвезарулел рукIиналдалъун. Фондалъе кумекалъе хIалае рахъуна гIемер тIалаязул минабазухъе кумек щвезабизе кIолел гIолилалги, кумек бачIчIизе жидерго автотранспорт бугел гIадамалги цогиялги ай гIарцудалъун гьабичIониги жидерго бажариялда рекъон гьезие кумек гьабулел гIадамал. Гьедин бицун букIана фондалъул хIалтIухъабаз Эркенлъи Радиоялъе.

Фондалъул президент МуртазагIалиев ГIумарица рикIкIунеб буго фонд букIине кколарин гIицIго кванил нигIматал рикьулеб ва гьезухъ балагьун чIун хIалтIизе рахъунарел гIадамал гIезарулеб идаралъун. Фондалъ квербакъизе кколин цIиял хIалтIул бакIал гIуцIиялъейин. Гьединго гьес рикIкIунеб буго фондалъул аслияб нухлъун букIине кколин лъайкьеялда кверчIвайин, лъикIал студентазе ва гIолохъанал гIалимзабазе кьолел грантал рукIине кколин фондалъулин.

РахIмуялъул акциязда гIахьаллъиялъул рахъалъ дагъистаниял Россиялда тIоцере рукIиналда жидер щаклъизе бачIунарин, щайгурелъул гьардухъанасе жо кьоларевги, къварилъиялде ккарав чиясе кумек гьабуларевги чи жидеда лъазего лъаларин ва жидецаги цогиязе кумекалъе кIвараб гьабулин бицана Эркенлъи Радиоялъе цо-цо гIадатиял дагъистанияз.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:04 0:00
Интернет-мухъ

Амма руго гьезда гьоркьор къварилъи ккарав чиясе яги унтараб лъимадуе абун гIарац бакIарулел рекIкIал чагIи рукIине бегьулин рикIкIунелги ва ахIуд рахъун гIарац бакIарулеб бакIалде жидеца гьеб кьоларин абулелги. Гьединазул цояй ккола Гъуниб мухъалдаса Шамсият. Гьелъго бицана киридахъ гIадамазе хIалае яхъине жий кидаго хIадурай йигинги.

Шамсият: "Дида щиб лъалеб гьел чагlи щалали. Гьезда щай дун божизе кколей? Бокьараб рекlкl гьабулел чагlи рукlине рес буго гьел. Гьелъ дун гlахьаллъуларо гьединал акциязда, амма киридахъ гIадамазе хIалае яхъине дун кидаго хIадурай йиго".

РахIмуялъул акциязда гIадатияб халкъ гIахьаллъиялъул рахъалъ Россиялъул федерациялъул субъектазда гьоркьоб цIех-рех гьабураб «Бизнес Аналитика» абураб компаниялъ телефоналдасан суалал кьун руго 16 500-гIан чиясе.

Россиялъул бищунго кIудиязул цояблъун кколеб «Русфонд» абулеб рахIмуялъул фонд гIуцIун букIана 1996 соналда ва гьелдаса нахъе гIадамазе кумекалъе 173 миллион доллар бакIаризе кIун буго гьеб фондалда.

XS
SM
MD
LG