МагъчIваялъе рес

Чехиялда цIикIкIунеб буго Россиялъул хасал хъулухъчагIазул къадар


Чехиялъул ХIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъ лъазабухъе улкаялда цIикIкIунеб буго Россиялъул хасал хъулухъчагIазул къадар.

Гьел гьенир хIалтIулел ругин Россиялъул дипломатикиял идарабазул хъулухъчагIи хIисабалда. Гьадин лъазабулеб буго итни къоялъ Чехиялъул пачалихъияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ лъазабураб жиндирго санайил докладалда.

Гьелда мугъ чIвай гьабун Reuters агентлъиялъ лъазабулеб буго Россиялъул ва Китаялъул хасал хъулухъчагIаз жидерго экономикиял ва политикиял интересал цIуни мурадалда хIалтIизарулел ругин Чехиялъул политикал ва журналистал.

Гьеб гуребги, рехсарал улкабазул хасал хъулухъчагIи гьенире рачIунел ругин туристал, экспертал, гIелмиял хIалтIухъаби ва бизнесменал хIисабалда. Гьез гьединго къасд гьабулеб бугин Россиялъул диаспоралъе асар гьабизе.

XS
SM
MD
LG