МагъчIваялъе рес

Б. Зайонц: «Халкъал рикьизаризе тезе бегьуларо тIалъиязе.»


Гьал къоязда Дагъистаналде щвана Польшаялдаса жамгIияв хIаракатчи Магъриб ва Машрикъ цоцаде гIагарлъиялъе, гьезда гьоркьор цIикIкIун бухьенал рукIиналъе хIалтIи гьабулев Блажей Зайонц. Гьесул хIалтIуда , дунялалда бугеб сиясатияб ахIвал-хIалалда , ва халкъал цолъизариялъулъ жамгIиял идарабазул хIалтIулца кколеб бакIалда хурхун чанго суал кьуна гьесие нижер мухбир МахIмудова ПатIиматица.

Блажей Зайонц ккола Польшаялдаса 27 сон барав жамгIияв хIаракатчи. Гьес ва цойги чанго гьев гIадав гIолохъанчияс ункъго соналъ цебе Польшаялда гIуцIун буго «Машрикъ ва Магърид цоцада бичIчIийилан» абураб жамгIияб гIуцIи. ГIурусалъ гьелда цIар буго «Взаимопонимание Востока и Запада». Гьеб идараялъ жиндирго хIалтIи буссинабулеб буго Магъриб ва Машрикъ цоцаде гIагарлъиялде, гьезда гьоркьоб бичIчIиги, маданиялгун-гIелмиял бухьенал гIемерлъиялдеги. Аслияб къагIидаялъ гIолилазул жамгIиял гIуцIабигун хIалтIулила жал, советияб заманалъ рукIарал чагIазде дандеккун гIемерго батIияб бербалагьи бугила гьезул дунялалде ва гьениб лъугьа-бахъунелдейин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Блажейица.

Блажей Зайонц: «Нижер идара гIуцIун буго Польшаялда гIумру гьабун ругел гIадамалги, цебе совет союзалде гъорлъе унел рукIарал пачалихъазда гIумру гьабун ругелги цоцазе гIагарлъизаризе. Бищунго цIакъ гьелде кIвар кьезе бокьун буго нижее, щай гурелъул лъабкъогогIан соналъ цо пачалихъа гIадин рукIарал Польшаги цойги СССРалде гъорлъе унел рукIарал хIукуматалги гьанже цIакъго рикIкIалъун руго. ГIун бачIунеб гIелаллъул бичIчIи гьечIо цо нилъ цо халъкълъун рукIараллъиги, гьезда тарихги анцIго батIияб къагIидаялъ хъвараб гурони лъалеб гьечIо. Польшаялда 90 абилел гражданияб жамгIият цебетIезе лъугьараб мехалда саназда гIуцIана гIемер батIи-батIиял, тIалъиялда рачIел жамгIиял идараби. Гьезул гIемерисел рукIана Польшаги Магърибги гIагаргьабиялъе хIалтIаби гьарулел. Гьеб хIалтIи гIезегIан цебетIунин абизеги бегьула, щай гурелъул гьанже, масала Германиялъулги Польшаялъулги гIемер бухьенал руго. Дунялалъул кIиабилеб рагъ лъугIун хадубги, советияб заманалъги Польшаялъулги Германиялъулги киналгIиг бухьенал рукIинчIо. Немцазухъ тушбабазухъ гIадин гурони польшаялъулал ралагьизего ралагьулароан. Гьанже гьеб бербалагьи тIубан хисун буго. Нижер идараялъе бокьун буго гIемер гIамлъи бугел украинаялъул, белорусиялъул, гIурусазул, литовцазулгун ва цойгидал машрикъалъул Европаялъул халкъазулгунги гьуинлъи букIинабизе. Гьел халкъазул релълъараб мацIги, тарихги, маданиятги буго. Жиндир заманалда гIезегIан цоцалъ рекъонги рукIана гьел халкъал, амма 20 гIасруялда нилъ рикь-рикьизарун руго цо-цо тарихиял ва сиясатиял лъугьа-бахъиназ».

Гьединго Блажейица бицана жидер идараялъ маданияталъул, гIелмуялъул, гIолилазда гьоркьосеб хIалтIул ва лъайкьеялъул суалал гурони киданиги сиясатиял суалал рорхуларила. ЦохIониги сиясатияб партиялъул рахъги кколарила. Киналниги бухьенал гIадатиял гIадамаздасан гьарулилан.

Блажей Зайонц: «Пачалихъазул гьоркьоблъабиги нилъер халкъазулги гьоркьоблъабиги цоцада хурхун рукIине бегьуларо. СиясатчагIаз жидерго ишал гьарулаго халкъал цоцаде тIамизе бегьуларо. Амма гIемерисеб нухалда гьедин ккола. Гьединлъидал нижеца цIикIкIун кIвар буссинабулеб гIадатиял гIадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе. Нижер хIалтIуе гIемераб квалквал гьабуна исана Украинаялда унел ругел лъугьа-бахъиназ. Гьедин букIаниги ахираб заманалда Польшаялъулги Россиялъулги жамгIиял идарабазда гьоркьоб лъикIал ва гIемерал бухьенал лъугьун руго. Гьединлъидал нижер аслияб масъалалъун буго нилъер тIалъиялъ нилъер халкъал рикьизаризе риччангутIи».

Аслияб къагIидаялъ нужеда жамгIиял идарабазулгун хурхер гьабизе ракIалда батани, Россиялъул жамгIиял идарабигун ва жамагIатчагIигун кинаб гьоркьоблъийин бугебилан цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Блажей Зайонцида.

Блажей Зайонц: «БитIараб бицани Польшаялъул жамгIиял идарабазулги Грузиялъулги, Азербайджаналъул жамгIиял хIаракатчагIигун цIикIкIун гьоркьоблъи буго Россиялъул жамгIиял идарабазулгуналдаса. Щай гурелъул гьел пачалихъазулгун гьоркьоблъи гьабизе, Европаялъул хIукуматаз гIемераб гIарац биччалеб букIун. ГIемер руго Кавказалъул пачалихъазулгун хIалтIи гьабиялъе кьолел грантал. Гьеб кинабго жо буго сиясат. ГIемер гьечIониги, руго Россиялда гьарулел социалиял проектазе гIарац биччалел идарабиги»

Ахиралдаги Дагъистаналда бугеб жамгIияб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ кинаб пикруйин дур бугебилан цIехараб мехалда, Блажейица абуна жиндир рекIее батIияб асар гьабичIила гьелъилан. Гьез гьабураб хIалтIул цониги кьучIаб хIасил бихьичIила жиндида. Гьелъие аслияб гIиллалъун батизе бегьулила республикаялда жамгIияб хIалтIи гьабиялъе цIакъго дагьаб гурони гIарац биччангутIи. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабун буго 2500 гIан жамгIияб идараялъ, республикаялъул бюджеталдасан гьезие кьолеб буго щибаб санайин 30 гIан грант. ГIаммаб къагIидаялъ гьелъие биччалеб буго 7 миллионгIан гъурущ.

XS
SM
MD
LG