МагъчIваялъе рес

«Камалил Баширги» «Саба-Меседоги» «бесдаллъана»


19 октябралда гIумруялдаса ватIалъана Дагъистаналъул халкъияв поэт ГIабасил МахIамад.

83 сон базе кIиго моцI хутIун букIана гьес. Руго ГIабасилав рокьулелги, рокьуларелги гIадамал. Амма хъвадарулев чи хIисабалда гьес нахъе тараб хазина кIудияб буго – лъималазе хъварал кучIдуздаса байбихьун драматургиялде, тарихиял асаразде щвезегIан - «Камалил Башир», «ХъахIабросулъа МахIмуд», «Саба-Меседо». 2013 соналда къватIибе бачIана ГIабасил МухIамадил «Ахъбердил МухIамад» абураб тарихияб къиса. Хвезе чанго къо хутIидал ГIабасилас данде гьабун бахъана 800-са цIикIкIун магIарул рагIуе баян кьолеб словарьги.

ГIабасилав вуго магIарулазул вугев цохIого цо, тIокIав гьечIев драматург. Гьединаб буго гьесул рахъалъ «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасул пикру.

МухIамад БисавгIалиев: «ГIабасил МахIамадица советияб заманалда хъварал «Рокьул таватур», «Камалил Башир», «Саба-Меседо», «ХъахIабросулъа МахIмуд» цIалдолезухъе щвана, гIадамазул гIумрулъун лъугьана. ГIемерисел поэтаз гьесие рецц-бакъ гьабула ГIабасилас литератураялде рифма бачанилан. Амма дун дагьалъ батIайисан валагьулаан гьелъухъ. Дида кколаан рекIелъе бачIухъе кьезе кколин шигIру, рагIикъотIал гьарулел чагIи гIадин ахирисел хIарпазда хадур лъугьинчIогоян. Амма гьагъал пьесабазда рифмаги цIунун гъос гъоб литературияб асар кьун бугеб куц бихьараб мехалда, хIикмалъулев вуго, гьеб буго ГIабасил МахIамадил тIогьлъун. Абадиялъ нахъе хутIила гьесул драматургия».

ГIабасил МахIамадица магIарул адабияталъе хасиятаб гуреб рифма хIалтIизабунин кочIолъин гьабулеб гIайиб-гъвелги рагIизе бегьула гIемерисездасан. Амма гьелъ кигIан дагьабниги квалквал гьабулеб гьечIин гьесул шигIруялъеян рикIкIунеб буго МухIамад МухIамадовас. Гьев ккола Дагъистаналъул ГIелмияб Централда цебе рагьараб мацIалъулгун литератураялъул ва искусствоялъул институталъул директор.

МухIамад МухIамадов: «Рифмаялъул квалквал гьечIо. Балагье цо хъван бугеб куц: Дица дунялалда барабщинаб мех, Унгоха гьаб гIумру ун батараб хех. ЦохIо рифмаялда хадувги лъугьун магIнаяб рахъ нахъе ккун течIо гъос. МацIалъул тIокIлъи буго гьесул творчествоялъулъ. Хал гьабе гъоб лъабабго драмаялъухъ. Хасго Ахъбердил МухIамадил хIакъалъулъ хъвараб тарихияб къисаялъулъ гъос хIалтIизабун буго доб заманаялъул мацI, некIсиял гIадатазул буго бицунеб».

ЭР: «Цо-цояз абула гъос ургъунги рахъулел рукIанин цо-цо рагIаби».

МухIамад МухIамадов: «Гьеб битIараб гьечIо. Ургъун рахъулел рукIинчIо гъос гьел. Масала, словарь абураб рагIул бакIалда паргьанг ин хъвазе рачIайин абулаан гъос. НекIсияб рагIи ккола гьеб. ГIурус рагIабаздасаги нилъерго яги гIараб рагIаби лъикIин кколаан гьесда, гIурус рагIаби нилъер мацIалда гъорлъ рекъолел гьечIин абун».

ГIабасил МахIамадица жиндирго творчествоялда гъорлъе гIурус рагIаби риччачIин абулеб буго институталъул директор МухIамад МухIамадовас. Аваразул адабияталда гьел гIемер ругила, масала, ХъахIабросулъа МахIмудил, ЦIадаса ХIамзатил кучIдузулъ. Амма ХIамзатихъа бажаранила гьел рагIаби магIарул коцонир къазарун: «КIиявго мадугьал гьумерги чурун, поронталъул харбихъ гIенеккулаан».

Хъвадарулеб агьлуялъул пикруялда рекъон, ГIабасил МахIамад вукIана бищунго магIарул мацI лъалев хъвадарухъанлъун. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго мацIалъулгун литератураялъул ва искусствоялъул институталъул директор МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Живго Расулицагицин (ХIамзатил) сордо бащалъараб мехалъ ахIулеб букIун буго ГIабасил МахIамадихъе лъалареб рагIул магIна цIехон. Гьелъги нугIлъи гьабула гьесда мацI лъалеб букIиналъе. Дида кIвана магIарул словарь гIуцIеян гъосда гьаризе. ТIоцебе гьабулеб гьединаб словарь ккола гьеб. РагIабазул магIна кьун буго гьениб (толковый словарь). Ункъо-щуго соналъ тIадги хIалтIун, нижер институталде хIалтIизеги восун гъоб хIалтIи рагIалде бахъана. МацIалъул бечелъи букIинчIебани, гъосда гъоб гьабизе кIвелароан».

ГIумру шагьаралда арав ГIабасил МахIамад ахиралда магIарухъе, Хунзахъ мухъалъул ЛъагIилухъе, вахъун вукIана. Вукъана гьенивго, жиндирго пастIанив.

XS
SM
MD
LG