МагъчIваялъе рес

Лицеялдаса Маданияб академиялде... улбузул "семигун"...


МахIачхъалаялъул 9 лицеялъул бакIалда маданияталъул академия рагьизехъин букIиналдаса разигьечIо гьенир цIалулел ругел лъималазул умумул. Гьез лъазабулеб буго жидер лъималазул цIалиги хвезабун рагьизе кколеб жо гурин гьеб академияйилан. Гьелда разигьечIолъиги загьир гьабун, лицейги бугеб хIалалъ тейин, гьелъул минаги академиялъухъе кьогейин абун тIалаб гьабун цIалдохъабазул умумуз кагътIал хъван руго Россиялъул президентасухъе ва премьер-министрасухъеги.

Гьал къоязда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница хIукму къотIана МахIачхъалаялъул 9 лицеялъул бакIалда республикаялъулаб маданияталъул академия рагьизе. Гьаб сагIаталда, гьеб хIукмуялдаса роххараздаса, гьелдаса разигьечIезул къадар цIикIкIун бугин абизе бегьула. Бищунго цIакъ гьеб лицеялъул бакIалда академия рагьиялдаса разигьечIо гьенир цIалулел 400 гIан цIалдохъанасул умумул. Гьез лъазабулеб буго жидее кинабгIаги академия къваригIун гьечIила, жидеца лъимал лицеялде кьун рукIанила гьениб кьолеб ,лъикIаб ,кинабго рахъалъ камилаб лъай щвеялъе гIоло.

Маданияб тарбияги лъайги щвезе бокьун букIаралани жидеца гьел хасал школазде ритIилаанилан. Исана кIиабизе нухалда бахъунеб буго гьеб лицеялда сверун ахIи-хIур.

Цин исана августалъул ахиралда гьеб лицеялъул минаялъуб цIакъго пагьму-гьунар бугел лъимал цIалулеб центр рагьизе бугила, амма гьаб сагIаталда лицеялда гьелъие рукIине кколел шартIал чIезарун гьечIолъиялъ, гьел чIезарун рахъинегIан школалда чIахIиял классазул лъимал гурони цIализе гьечIилан лъазабун букIана Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъ. Гьез абун букIана чIахIиял классазул лъималги жидерго цебе лицеялда букIараб цIалул программаялда рекъон цIализе ругила, хутIарал классазул цIалдохъаби тIадеялъул цIидасан хасал экзаменалги кьун хадуб гурони централде цIализе росси гьечIилан. Гьел лъазабияздаса ва хIукмабаздаса разигьечIел лицеялъул цIалдохъабазул умумуз МахIачхъалаялъул аслияб майданалдеги рахъун акцияги тIобитIун букIана республикаялъул ва Россиялъл тIалъиялде кагъталги хъван рукIана.

Гьедин жидер хIаракаталъищ яги цойги кинаб букIаниги гIилла ккунищали гьеб центр рагьиялъул хабарги гьоркьоб къотIанила, жидер лъималги рукIине кколедухъ 1 сентябралде лицеялде цIализе анилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе 9 лицей цIуниялъе хIаракат бахъулезул къокъаялда гъорлъи йигей ХIажиева Марияца. Гьелъул рагIабазда рекъон сентябралда букIине кколедухъ лицей хIалтIулеб букIун буго, гьанже кIиго моцIидасан пагьму-гьунар бугел лъималазул централъул бакIалда гьениб маданияталъул академия рагьизе бугилан харбал рахIат хвезабун буго гьезул.

ХIажиева Мария: «Гьанжеги гьеб маданияталъул академияги рагьун нижер лицей хьуризабизе бугин абурал харбал раккун руго. Гьаб лицей гурони тIокIаб минайищ гьезда шагьаралда батичIеб. Гьаб буго МахIачхъалаялъул цIалул идараабазда гьоркьоб бищунго лъикIазул цояблъун рикIкIунеб лицей. ЛъикIаб лъай щвеялъе гIоло гIезегIан къоги бихьун лъугьинарун рукIана нижеца гьанире цIализе лъимал. Чаналиго нухалъ экзаменалги кьун, иргаялдаги чIун лъугьана гьел лицеялде. Цин пагьму-гьунар бугел лъималазул центр рагьизе бугила, гьеб рагьиялде хIадурлъи лъугIизегIан гIисинал классазул цIалдохъаби цIализе гьечIин абун ниж рихха-хочизаруна цин.

Хадубги кинабго нухде бачIанин ккараб мехалда гьанже кинабалиго маданияб академия рагьизе бугин лъазабуна. ТIалъиялда ракIалде кканщинал проектал гIумруялде рахъинарулаго нижер лъималазе щай зарал ккезе кколеб, гьезда бугеб гIайиб щиб. Нижее гьеб академия хIажатаб жо буго, бугеб хIалалъ тейин абе нижер лицей. ЦIалул сон бащалъуде щолеб мехалда кире нижер лъимал ине кколел? ТIалъиялъ гьелъул щай ургъел гьабулареб. Дир хьул бугоха гьаб цIалул сон лъугIилалде ниж лицеялдаса нахъе хьуризарилелгIан квешал гIадамал ратилин гьелилан».

Гьединго Мариял разигьечIолъи буго 9 лицеялъул директор Дадаев Тофикица гьеб лицей цIуниялъе, жидерго цIалдохъабазул ихтиярал хвезарунгутIиялде кIвар кьолеб гьечIилан. Гьелъул рагIабазада рекъон лицеялда сверун ахIи-хIур бахърабго босун опускгун тIагIанила гьев лицеялдаса, гьеб ахIи- гIодоцинегIан чIун ватилила гьевилан лъазабулеб буго Марияца. Гьединавищила вукIунев нухмалъулев, жалги жиндир хIалтIухъабиги лицей цIуниялъе щиб гьабунги хIаракат бахъулел ругел мехалда щибниги гIахьаллъи гьабулеб гьечIила гьес гьеб ишалъулъилан.

Кинаб ахIвал-хIалин гьаб сагIат лицеялда бугебилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ ахIана гьелъул нухмалъулев Дадаев Тофикил хIалтIул телефоналде. Гьесул кумекчIужуялъ лъазабуна Дадаев унтун вукIиналъ, отпускги босун ун вугила, кида гьев хIалтIуде вачIуневалиги жиндида лъаларила, тIокIал киналгIаги баяналги жиндица кьун бажаруларилан.

Маданияб академия гIуцIун хадуб лицеялъул цIалдохъабаз щибин гьабизе кколеб, гьезул хадусеб цIалул къисмат кинабин букIунебилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр хисулев ГIалиев Ширалилгун. Гьесул рагIабазда рекъон цIалул сон лъугIизегIан гьел лъималазул цIалуе лъицаниги кинабгIаги квалквал гьабизе гьечIо.

Ширали ГIалиев, Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр хисулев
Ширали ГIалиев, Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр хисулев

ГIалиев Ширали: «Гьел лъимал гьанжелъагIан цIалулел рукIараб хIалалда цIализе бегьула исана сон лъугIизегIан. Гьезул цIалуе кинабгIаги квалквал гьабизе гьечIо лъицаниги. Академия рагьи гурони гьенир дарсал кьезе къваригIунел шартIалги чIезарун гьечIо жеги, программабиги гIуцIун гьечIо. Гьеб киналъегоги заман къваригIуна. ТIадеялъул цIалул сон байбихьилелде лъугIилин ккола дида кинабго хIадурлъи. Гьеб мехалда лицеялъул цIалдохъабаз жидеего бокьараб цIалул идара тIаса бищизе ккола. Гьел лъималазул ихтиярала лъицаго хвезаризе гьечIо».

9 лицеялъул бакIалда рагьараб гьеб маданияталъул академия Дагъистаналъул маданияталъул министертвоялда цебе гIуцIизе бугилан абун лъазабулеб буго республикаялъул тIалъиялъ. Гьелъие нухмалъи лъица гьабизе бугебали официалияб къагIидаялъ лъазабун гьечIо, амма мухIканал гурел баяназда рекъон академиялъул бетIерлъун яхъине йиго Дагъистаналъул нухмалъулесул лъади ГIабдулатIипова Иннаца.

XS
SM
MD
LG