МагъчIваялъе рес

Москваялъул нухмалъиялъ изну кьолеб гьечIо "ГIурусазул маршалъе"


Москваялъул нухмалъиялъ инкар гьабун буго 4 ноябралда «ГIурусазул марш» тIобитIиялда хурхараб гIарза къабул гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна «Русские» абураб багъа-башариялъул лидер Дмитрий Демушкиница.

Гьесул рагIабазда, марш гIуцIулезда жидедагоцин бажарулеб гьечIин жидеего маршрут бищиязейинги абун, шагьаралъул бутIруз нахъ чIван руго киналго маршрутал.

Амма Демушкиница лъазабуна, гьелде балагьичIого ва щиб кканиги «ГIурусазул марш» Москваялда тIобитIизе бугин. Москваялъул нухмалъиялъ гьанжеги официалияб лъазаби гьабун гьечIо.

XS
SM
MD
LG