МагъчIваялъе рес

«Канун киназего цогояб букIине ккола»


Дагъистаналъул прокуратураялъ рокъов туснахъ гьавун вугев динияв хIаракатчи Медетов Надир, туснахъалда тIамеян тIалаб гьабиялъул халгьаби букIана 17 октябралда республикаялъул тIадегIанаб диванханаялда. Прокуратураялъ лъазабулеб букIана Медетов къватIив тани, гьес жиндирго такъсирияб пиша гьоркьоб къотIизе тезе гьечIила ва гьев республика тун лъутизе бегьулилан. Амма диванханаялъ цебехун диваналъ къотIун букIанаб хIукмуги хисизабичIого Медетов рокъов туснахъ гьавун тана.

МахIачхъалаялъул Венгерских бойцов къотIноб бугеб мажгиталъул имам Медетов Надир изнугьечIого ярагъ цIуниялъул щаклъи букIиналда бан 8 октябралда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккун рукIана.

Надирил автомобилалъул хал-шал гьабулаго гьениб киналниги документал гьечIеб таманча батанин лъазабулеб букIана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз. Медетовасул гIагарлъиялъ рикIкIунеб буго гьеб таманча низамцIунулез ургъунго жидецго рехханин гьесул автомобилалъубейилан.

Щиб багьана батунги гьев салафиязул динияв цевехъан жанив тIамизе къваригIун бугин гьезиейилан.

10 октябралда МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул диванханаялъ цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица Надир Медетов рокъов туснахъ гьавизе хIукму къотIана, амма прокуратураялъ гьелда тIасан гIарз хъван буго.

Гьелъул халгьаби тIобитIана рузман къоялъ Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялда. Прокурорас лъазабуна жанив тIамичIого, рокъов туснахъ гьавун тани Медетов кивениги тIуризе яги гьев цIидасан жиндирго такъсирияб ишалде вазе бегьулилан.

Гьел рагIазабаздаса разигьечIолъи загьир гьабуна Надирил адвокатат Гададов Исрафилица.

Гададов Исрафил: «Прокуратураялъ щай гьеб цебехун диваналъ гьабураб хIукму мекъаблъун рикIкIунеб бугебали кьучIчIаб хIалалъ бичIчIизабичIо диваналда.

Гьез гьадингоял харбал рицана рокъов туснахъ гьавун тани Надир кивениги тIуризе бегьулили ва гьес жиндирго такъсирияб иш-пиша цIигьабизе бегьулин абураб. Дица диваналда лъазабуна кивениги тIуризе къваригIун букIарабани Надир некIого гьаниса тIагIун вукIунаанилан.

Гьесие кигIан бокьаниги заманги ресги букIанила гьелъие, амма гьев диваналде вачIараб мехалда лъазабунила жив кивениги ине гьечIилан.

Жиндир хъизан-лъималги рукъги гьаниб бугила, тIаде жоялъе гьеб цIех-рехалъе кумек гьабизецин хIадур вугин живилан лъазабуна гьес. Гьев цIидасан такъсирияб пишаялде вуссине рес бугин абиги гьадингояб чIанда буго.

Щай гурелъул гьесде жеги гIайибцин гIунтIизабун гьечIо. Цойгидав чиясул ишалда прокуратураялъ гьединаб лъазаби гьабун букIарабани киналго тIад релъулаан гьезда.

Амма Надирил ишалда щиб гьабунги гьев жанив тIамизе нуха ралагьулел руго гьел. Къанун нилъер гьаниб чи вихьун хIалтIула, сахаб пачалихъалда гьеб киназего цого букIине ккола.

Прокуратураялда яги живго прокурорасда ракIалде ккараб жоялъе гIоло диваналъ хIукму хисизабуларо. Гьедин ккезеги ккана жакъа тIадегIанаб диваналъ цебе кировский мухъалъул диванханаялъ къотIун букIараб хIукму хисизабичIого тана. Надирги цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица рокъов туснахъ гьавун вуго».

Гьединго Исрафилица лъазабуна къватIиб бугеб видеокамераялъ бахъун бугила Надир Медетов ккураб куц. Гьел хасал тадбирал тIоритIулелъул низамцIунулез къанун хвезабун букIин бихьулеб бугила гьеб камераялъул записалда.

Гьелъул лъикIаб хIалалъ халги гьабун жидеца диваналде гIарза хъвазе бугила низамцIунулез къануналде данде кколареб хIалалъ ккун вугин Медетовилан абун.

Гьединго рузман къоялъ республикаялъул тIадегIанаб диванханаялда адвокат Елена Денисенкоца тIалаб гьабулеб букIана Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ хасаб операциялдаса хадуй ккурай Насибова ПатIимат рокъой туснахъ гьаюн тейилан абун.

Гьаб сагIат Насибова изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналъул гIайибги гIунтIизабун МахIачхъалаялда туснахъалда йиго.

ТIадегIанаб диванханаялъ нахъе бахъана Насибова туснахъ гьайейилан абун Советский диванханаялъ гьабураб хIукму. Гьеб ишалъул цIидахъан, цойгидав диванчияс Советский диванханаялда хал гьабизе хIукму къотIана тIадегIанаб диваналъ. Амма гьеб халгьаби лъугIизегIанги Насибова туснахъалдаго тезе хIукмуги гьабуна диваналъ I7 октябралда.

Насибовалъул адвокат Елена Денисенкоца лъазабулеб буго цIех-рехалъ жиндие хIалтIизе квалквал гьабулеб бугила. Такъсиргьабиялъул ишалда хурхарал докуменатазул халагьибизецин рес кьолеб гьечIила гьез жиндие.

Гьеб рес кьейин абун жиндица хъвараб кагъатги, гьез кьучIгьечIел багьанабиги ратун нахъе битIун бачIанила. Щиб гьабуниг Насибовалъ жиндаса инкар гьабизе къваригIун бугила гьезие, гьелде тIадецуйги гьабулеб бугила цIех-рехалъул хIалтIухъабаз.

Гьединлъидал жиндица гIарагаб заманалда диваналде чанго гIарз хъвазе бугила гьел цIех-рехчагIаз къанун хвезабиялда ва жий хIалтIизе тунгутIиялда бан.

Гьединго адвокаталъ лъазабуна Насибовалъул хъизамалтIеги тIадецуй гьабулеб бугила низамцIунулез. Гьедин 17 октябралъул бакъанида жиндирго ишалъ Гъизилюрталде ине йикIарай Насибова ПатIиматил гьитIинай яц Сайгьанат ккун йиго низамцIунулез. Щиб-киналиги бичIчIизабичIого Гъизилюрталъул жанисел ишазул бутIаялде ячун йиго гьей. Гьелъул гIагарлъиялъ ахIи бахъинабизе байбихьараб мехалда, полициялъ йиччан йиго гьей.

Щиб гьабизейин гьей ккун йикIарайилан цIехараб мехалдаги, Насибова ПатIиматил яц йикIиналъ, цIех-рех гьабизе ккун йикIанин лъазабун буго полициялъ.

XS
SM
MD
LG