МагъчIваялъе рес

Италиялъул премьер-министрас саммиталъул хIасил гьабуна


Италиялъул премьер-министр Маттео Ренцица лъазабуна, рузман къоялъул радал Миланалда букIараб данделъиялдаса хадуб жинца хьул лъолеб бугин Украиналда бугеб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун буссинабизе бегьулеблъиялда.

Хасго гьадинаб суал гьоркьоб лъун букIана «Европа-Азия» саммиталъул рехсараб данделъиялда.

Гьелда гьахьаллъана Россиялъул президент Владимир Путин, Украиналъул президент Петр Порошенко, Германиялъул канцлер Ангела Меркель, Франциялъул президент Франсуа Оланд, Италиялъул ва КIудияб Британиялъул премьер-министрал Маттео Ренци ва Дэвид Кэмерон ва Еврокомиссиялъулгун Европаялъул шураялъул бутIрул.

XS
SM
MD
LG