МагъчIваялъе рес

Дербенталда хасаб операциялда лъабго чи чIван вуго


Дербенталда хасал операциял 2010 соналдаса халат рахъунел руго.
Дербенталда хасал операциял 2010 соналдаса халат рахъунел руго.

16 октябралда Дербенталда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда лъабго чи чIван вугин, гьел киналго жанубияб дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи рукIанилан лъазабулеб буго республикаялъул къуваталъул идарабаз. Гьезул баяназда рекъон ГIагараб заманалда гьел чагIи Дагъистаналда чанго террактги гьабун Шамалде тIуризехъин рукIун руго.

Хамиз къоялъул радал 8 тIубаралдаса нахъе Дербент шагьаралда изнугьечIого яргъидгIуцIарал ралагьиялъе тадбирал унел рукIун руго. Гьелда бан терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун бугин шагьаралайин абурал баянал тIиритIизарун рукIана Россиялъул терроризмалде дандечIараб миллияб комитеталъ. Гьебго идараялъ кьурал баяназда рекъон хасаб низам лъазабун кIиго сагIат ун бахъиналде Дербенталъул аслиязул цояблъун кколеб къотIноб хасаб операция байбихьун буго.

Ширинов Сеферица: «Хасаб операция тIобитIана Советская къотIноб бугеб лъабабилеб минаялъуб. Гьеб ккола щутIалаяб мина ва гьелъул цо рокъоб рахчун рукIана гьел изнугьечIого яргъидгIуцIаралин рикIкIунел чагIи. МухIканал гурел баяназда рекъон гьел киналго ккола жанубияб Дагъистаналъул экстремистияб къокъаялъул гIахьалчагIи. Хасаб операция тIобитIулеб бакI шагьар бакьулъ букIиналъ гIадамазе хIинкъигьечIолъи букIинабиялъе гIоло гьениб сверухълъи кинабго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккун букIана. Гьединго хасал тадбирал лъугIизегIан сверухълъиялда ругел киналго минабахъа гIадамалги къватIире рахъинарун рукIана. Гьениб аскIоб буго чанго университет, школа ва лъималазул ах».

Гьединал баянал кьуна «Эркенлъи» радиоялъе Дербенталъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъан Ширинов Сеферица.

Гьесул рагIабазда рекъон хасаб операция тIобитIараб бакIалъул хал-шал гьабун лъугIун хадуб гурони кинал рукIаниги мухIканал официялиял баянал кьун бажаруларин гьелда хурхунилан лъазабуна Ширинов Сеферица.

Дагъистаналъул оперативияб штабалъ кьурал баяназда рекъон чIварал щалали чIезабун буго, амма гьезул цIарал жеги рехсолел гьечIо. Россиялъул терроризмалде дандечIараб идараялъул баяназда рекъон гьезда ракIалда букIун буго Дагъистаналда чанго террактги гьабун Шамалде тIуризе.

Гьединго 15 октябралъул сардилъ Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда Унсоколо мухъалъул Временное росулъ цо минаялда гъоркь бункер батун бугин абурал баянал тIиритIизарун рукIана республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз.

Гьеб баяналда рекъон хасаб аппаратураялъул кумекалдалъун низамцIунулез чIезабун буго гьеб бункералъуб лъабго чиги, гIемераб ярагъги, гьезие гIумру гьабиялъе хIажатабщинаб къайи-цIаги бугилан.

Гьеб кьвагьизабун хадуб къуваталъул идарабазда гьенив жанив щивниги чи ватун гьечIин абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе, гьеб хIужжаялда тIасан къуваталъул идарабаз жеги официалияб кинабгIаги баян кьолеб гьечIо.

Гьанибго бицине ккола «Эркенлъи» радиоялъухъе Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хIалтIулев чияс кьурал мухIканал гурел баяназда рекъон Временноялда цо гьеб цебехун рехсараб гурониги, жеги чанги бункерал ратун ругилан. ХIатта гьезул цоялъубе нух гьеб росулъ бугеб мажгиталъусанцин бахъун бугилан.

Гьединго гьел росдал гIадамал жидеда щибниги гIайиб гьечIин ахIделел рукIаниги гьезул чангиязул рокъоб ярагъги батанила. Масала, цо гIаданалъул доба лъимер кьижулеб бусада гъоркь фугасилан абулеб къуватаб кьвагьулеб жо бахчун батанилан.

Гьел киналго бункеразулги росулъ батараб яргъилги хIакъалъул кватIичIого официалияб къагIидаялъ информация кьезе бугила, гьаб сагIат гьел киналго баянал мухIкан гьарун рахъинегIан чIун ругила низамцIунулел, гьел къватIире кьезейилан бицана гьев чияс «Эркенлъи» хасгьабун радиоялъе.

18 сентябралдаса нахъе терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун сверун ккун бугеб Временное росдал гIадамазул гIемераб зигарди буго низамцIунулез жидер ихтиярал хвезарулел ругила, жидер ургъел гьабулев чи гьечIилан.

Гьез ахIи балеб буго росулъа жалги къватIире рахъинарун, жидер рукъзал талавур гьабулел, жидер къайи-цIа бикъулел, магIишат хвезабулеб бугила гьенир хасал тадбирал тIоритIулел ругел хасал идарабазул хIалтIухъабаз.

Жидее лъицаниги кумек гьабулеб гьечIила, квен-тIехги дарабигицин гIолел гьечIила жидеейилан лъазабулеб буго гьез.

Гьелда хурхун гьал къоязда Временноялъул гIадамаз Дагъистаналъул рахIму-цIобалъул «Чисто сердце» абураб фондалде кумек гьарун кагъат хъван букIун буго гьез.

Гьеб фондалъул хIалтIухъан МухIамадов Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьел Унсоколо мухъалдаса гIадамазе кумек гьабизе жал хIадур ругила.

Гьаб сагIаталда фондалъул нухмалъиялъулгун дандги бан, щиб гьезие чара гьечIого хIажат бугебалиги лъазабун, гIагараб заманалда гьел гIадамазе кумек гьабизе бугила жидецайилан.

Временноялдаса чагIазе кумекалъе, гьениб гIадамазда чIезабун бугеб захIматаб хIалалъул бицине гьенире рачIун рукIарал инсарасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» ва «Хюман райтс вотч» идараялъул хIалтIухъаби низамцIунулез росулъе риччан рукIинчIо.

Инсанасул ихтияралцIунулел гьенире рачIиналда бан россиялъул «НТВ» каналалъ кьураб баяналда бихьизабулеб буго гьел Временноялда рахчарал экстремистазе кумекалъе рачIун рукIанилан.

Гьеб баян букIунебго гьереси бугила, тIалъиялъул буюрухъалда рекъон жал инжит гьариялъе, мекъаб баян кьун бугин гьеб каналъ, гьединлъидал гIагараб заманалда жидеца гьел диваналде кьезе ругин абун лъазабуна гьал къоязда «Мемориалалъул» бетIер Олег Орловас.

XS
SM
MD
LG