МагъчIваялъе рес

Газалъул балагьалде нужго нужецаго рачунге


Талат къоялъул сардилъ Гъарабудахкент росулъ газ кьвагьиялъул хIасилалда 7 чиясе зарал ккун буго. Гьезда гьоркьор 3 лъимерги бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министрелъиялъ.

Гьебго идараялъул мухIканал гурел баяназда рекъон, гьеб кьвагьи бахъиналъе гIиллалъун ккун буго, букIинекколедухъ газ бачун букIун гьечIолъи. Гьединал хIужжабазе гIоло республикаялда лъагIалида жаниб 50 ялдаса цIикIкIун чиясе зарал кколин лъазабуна гьез.

Гъарабудахкенталда газ кьвагьиялъул хIасилалда зарал ккаразда гьоркьор рукIун руго 7, 12 ва 4 сон барал лъималги. Гьезул киналго МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялда регизарун руго.

Гьел лъимал гьаб сагIат захIматаб хIалалда ругин лъазабулеб буго тохтурзабаз. Гьебго кьвагьиялъул хIасилалда зарал ккарав цойги 4 чиясул цояв цIакъ захIматаб хIалалда вугин, гьев Москваялдецин витIине ккезе бегьулин абураб пикругицин буго тохтурзабазул.

ХутIарал лъабгоязул гIумруялъе хIинкъи бугеб хIал гьечIила, гьезие киназего букIине кколеб кумекги гьабулеб бугин абурал баянал кьуна МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялъул, унтарал къабул гьарулеб ва гьел щиб хIалалда ругелали хъвай-хъвагIай гьабулеб бутIаялда.

Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъ жеги гьеб газ кьвагьиялъе гIилла щиб букIарабали чIезабун гьечIо. Гьезул мухIканал гурел баяназда рекъон гьеб иш ккеялъе гIайиб жалго рукъалъул бетIергьабазда буго. Гьез газ букIине кколедухъ бачун букIун гьечIо.

Гьеб бачунелъул лъезе кколел аппараталги цо-цоял лъезего лъечIого, цойгидал цIакъго хашго лъун рукIун руго.

Жидер экспертаз букIине кколеб цIех-рех гьабун бахъинегIан кинабгIаги официалияб баян кьун бажаруларин, амма тIаде балагьун рокъобе жанибе газ бачараб тIеренаб рогIороги цойги гьелда тIад кьурулеб аппаратги цоцалъ лъикI гъункизарун рукIинчIолъиялъ, гьениб гьоркьосан газги бачIун кьвагьун бугин Гъарабудахкенталда рукъ-бакIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялда.

«Ростехнадзор» абураб техника букIине кколедухъ гьабун бугищ, хIалтIизабулеб бугищ, гьеб хIалтIизабизе рескьолеб идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъан Агъаев Солтанмуратица «Эркенлъи» радиоялъе бицана бищунго гIемер жидер идара гьеб газ бачунеб бугеб къагIидаялда хадуб халккун рукIунила Дагъистаналда.

КIуди-кIудиял газ жанисел унел рогIрал кин лъун ругелали балагьиялдаса бахъараб, гIадамазул рокъобе гьеб кин бачун бугебалиялде гIунтIун халгьабизе кколила жидеца. Амма чанги газ бачунел хасал идараби рачIинегIан чIечIого, гьеб иш лъалел чагIи ахIичIого жидецаго бачун батулила гIадамаз газ. ГIемерисеб нухалда гьелъ балагьалдеги рачунилан.

Агъаев Солтанмурат: «Газ бачун батула гIемерисеб мехалда жидецаго гьабураб мащуялъусан. Гьел хIалтIизаризецин бегьулел жал рукIунаро. Дагьабниги цIорой ккани, яги тIад бакъ бухIани кьват-кьватIун рихъ-рихъун унел жал рукIуна гьел. Чан нухалъ абуниги гьезда гьеб жо бичIчIизабун бажаруларо нижехъа.

Рес ккани ракьулъан бачине ккола гьеб газалъул мащу, ракьалда тIасан бачунеб бугони хасал мащабиги росун, гьезда тIад жемулеб жо букIуна хасаб, гьелъгии щула гьарун гурони хIалтIизаризецин бегьуларо.

ГIадамазин абуни букIунебго лъим бачунел мащабаздасагицин пайда босун батула гьеб бачиналъе.

Идарабазда гьеб газалъул рахъалъ гIорхъолъа арал ишал цIакъ къанагIат гурони кколаро, гьезда хадуб халккурал идараби рукIунелъул.

ГIадамазул рокъоб бугеб жоялда хадуб халккун нижехъаги бажарунаро, гьединлъидал гIемер рукIуна гьеб газ биччаялъул хIужжаби. Гьелъ балагьалдеги рачунаха».

Гьединго Солтанмуратица бицана жидер идараялъ чанго соналъ цебе суал борхун букIанила гьел газ бачунеб къагIида хвезабурал, жидерго гурониги цойгидал гIадамазулги гIумруялъе хIинкъи букIинабулел чагIазда административияб гIакIа къотIизе ккей.

Гьедин цо-кIиго нухалда кIуди-кIудиял гIакIаби къотIани дагьабниги гIадлуялде бачIине бегьилин гьеб ишилан абураб пикру букIанила жидер. Амма жеги гьеб суалалъул иш рагIалде бахъинчIилан.

Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул мухIканал гурел баяназда рекъон, Дагъистаналда щибаб санайил газалъ бачIинабураб балагьалъул хIасилалда, гьоркьохъеб къагIидаялда 50 гIан чиясе зарал кколеб буго. Бищунго гIемер гьединал балагьал-лъугьа бахъинал хасало кколел руго.

Квачараб мехалда гIадамаз газалъул батIи-батIиял печал хIалтIизаризе лъугьиналъ, хIамамалда жаниб газалъ лъим бухIизабулеб алатал хIалтIизе риччаялъул хIасилалда кколила гIемерисеб нухалда газалда хурхарал авариялин лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан бетIер ГъазимухIамадова Тамилаца.

Гьелъ бицухъе щибаб санайил хасел щвелалда цебе жидеца гIадамазда гьоркьоб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабулила лъикI халгьабичIого гьел газалъул печал росугейилан. Гьедин хашго гьарурал гIадамазда гьоркьор Ираналдаса печалилан цIар бугел гьел раккараб мехалда, гьел печаз газ биччан цохIо 2012 соналъ республикаялда 32 чи хванилан.

XS
SM
MD
LG