МагъчIваялъе рес

Барак Обама: "Гьужумал халат рахъине руго"


Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца къватIисел улкабазул рагъулал идарабазде лъазабуна, жиндир рахIат хвезабулеб бугин Сириялъул Кобани шагьаралда аскIоб «Исламияб пачалихъилан» абулеб экстремистикияб къукъаялъ бахъунеб хIаракаталъ ва рагIи кьуна Америкалъул авиациялъ экстремистазул бакIазде гьабулел гьавадул гьужумал халат бахъине бугин.

Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица жиндир иргаялда абуна, Россиялъги Цолъарал Штатазги къотIи гьабун бугин хасаб цIех-рехалъул информация цоцазе кьезе «Исламияб пачалихъилан» абулеб экстремистикияблъун рикIкIунеб къукъаялъул хIакъалъулъ. Гьелдалъун гьеб къукъаялде данде лъикIалан къеркьезе бегьулилан.

XS
SM
MD
LG