МагъчIваялъе рес

Гуржиялъе нух лъие бокьун гьечIеб?


ГьанжегIагар жиндие жаваб кьечIони, жинца Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасда тIасан диваналде гIарза хъвалин бицана ЭР-ялъе БежтIаса жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамадица.

Дагъистаналдасан Гуржиялъе бахъулеб Аваргун Кахетиялъулин абулеб нухлул хIакъалъулъ исана маялда гьесухъе хъвараб кагътие жаваб щолеб гьечIила.

1990 соназул байбихьуда жиндирго гIарцухъ гьеб бахъизе лъугьун вукIана БежтIаса жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамад. ХIукуматалъ жегиги нахъбуссинабун гьечIо гьесие гьениб харж гьабураб гIарац.

ГьабсагIаталда Къебедов МухIамадица Дагъистаналъул нухмалъиялда цебе суал лъолеб буго Аваргун Кахетиялъул нух БежтIе щвезегIан хIукуматалъ бахъейила, гьенисан гьеб жидецаго, жамагIаталъул ресалдасан бахъилила.

ГIезегIан дандечIей буго гьелда. Амма руго кидадай гьеб нух бахъилайин халккун чIаралги.

Дагьалъ цере рухун рукIана нух бахъулел «Дагъаватодор» абулеб гIуцIиялъул чагIи. РухIун рукIана гьел жанир чIолел вагоналги. Гьеб лъица гьабурабали жеги лъалеб гьечIо.

Амма гьеб жо багьана гурин рикIкIунеб буго ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Къебедов МухIамадица.

Къебедов МухIамад: «Дир, масала, чан нухалъ трактор хвезабураб, чан нухалъ къайи бухIараб, чан нухалъ диде кьвагьдарал, дун гьенив хIалтIулеб мехалъ. Киназего рекIее бокьун букIунаро гури гьабулеб иш. Цодагьаб жо ккарабго, тIубараб республикаялъул гIуцIиялъул хIалтIухъаби гьениса нахъе рилълъунеб гIадатищ букIунеб? ХIинкъаби кьолел ратани, ахIун цIех-рехчагIигун лъазабеха щал гьелали, щиб мацIалъ гьел кIалъалел рукIарал ва гьелда релълъараб цогидаб. КIалъаялдасаги лъалелъул чагIи - киса щал рукIаралали. Гьезие квешезе хадубккунги гьабизе кколаан гьениб гьабулеб хIалтIи. РачIги дализабун унел чагIийищ рукIунел? Дир хIисабалда, гьезие лъикIаб багьана щун буго нух лъугIизабичIого букIине. Информалатаздасан Рамазан ГIабдулатIипов вукIана бицунев гьаб соналъ 26 км бахъизе бугилан. Амма цохIо метаргицин бахъичIо. ГьанжегIагар гьес гьезие тIадкъай кьун бугин 12 км бахъизеян абулеб букIана. Амма тIадкъай кьолеб мехалда гьелъие гIарацги биччазе ккеларищ? Я гьеб гьечIо, яги проекталъулгун сметаялъул документация гьечIо. Гьединлъидал гьебги хIисабалде босун нух бахъи гьоркьоб къотIизабизе лъугьун руго гьел».

Гуржиялъулгун Дагъистаналъул гIорхъода бугеб ЦIоралда гIумру гьабулел гIадамазе чара гьечIого хIажат буго гьеб нух. Щайин абуни мугIрулги регун, кIиго лъабго сагIаталда жанир рокъоре, магIарухъе, щолелъул гьел. Гурони, Тбилисиялдасан МахIачхъалаялде щвезегIан гьел ине ккола анцIго 11 сагIаталъ, цинги МахIачхъалаялдасан гьезул умумузул росабалъе щвезеги бала жеги анлъго-анкьгоги сагIат.

Гуржиялда буго магIарулаз гIумру гьабулеб ункъо росу. Гьезул цоялда, Лагодехиялда жаниб бугеб Калиновка абураб бакIалда чIарав ГIалиев Камалудин ккола ЛъаратIа мухъалъул ТIохьотIаса чи. Гьадин загьир гьабулеб убго гьес ЭР-ялъе жиндирго пикру гьеб нухда тIасан.

Камалудин ГIалиев: «Гьаб дунялалда гьеб нух рагьизе бокьарав цо чи ватани, кIиабилев гьединав чи ккола дун. Щайин абуни цо кечI букIана дой чачаналъ ахIулеб Дагъистаналдаги Чачаналдаги бугин жиндир гIагарлъи абун. Гьединго дирги буго гьеб – ЦIоралдаги Дагъистаналдаги. Бесдаллъиги мискинлъиги бихьун гьабураь магIишат буго дица гьаб. Гьединлъидал гьебги бичун дове, Дагъистаналдеги кин вахъинев, гьалъухъ щвараб гIарцуде доба цо гьитIинабгицин рукъги щолареб мехалда. Гьединго нижер мал-мулк босизе кIолел чагIиги гьечIо гьанир, мискинал чагIи руго. Нухда кьун гIарацгун дорехун инецин рес гьечIел чагIи гIемер руго гьанир».

Камалудинида аскIой гIодой чIун йикIарай гьесул яцгIал Жамилятица ЭР-ялъе бицан жал Дагъистаналде Тбилисиялдасан ун бажаруларин хасалил заманалда. Щайин абуни хеккого, маркIачIуда сагIат анлъгоялдаго, таможня къалила. Гьедин гьел Дагъистаналде Бакуялдасан сверун ине кколел руго.

Гьеб нух бахъиялда данде чIарал чагIаз билълъанхъизабулеб пикру буго гьелъул гьедигIан кIвар букIине гьечIин, щайгурелъул Гуржиялдагун Дагъистаналда гьоркьор дармилал бухьенал гьечIилан.

Амма гьел гIезегIан рукIине бегьулилан рикIкIунеб буго цIоралда чIарав ТIохьотIаса камалудиница. Масала ЦIоралдаса дагъистаналде раччизе бегьулила Дагъистаналда рижуларел гIадал пихъал. Дагъистаналдаса ЦIоралдейин абуни раччизе бегьулила ралел бакIазул материалал, щайгурелъул гьелъул рахъалъ Гуржиялда, хасго ЦIоралда кIудияб гIунгутIи бугила. Хадуб Жамилятицаги тIаде жубана Дагъистаналде дандеккун цIоралда гьанги учузаб бугилан.

Камалудин ГIалиев: «БатIаго гуржизул чIачIа гIаракъиялед ккарв чиги дагъистаналда ватиларо. Амма лимонад гьазул цIакъаб буго, Турциялъулгун гьоркьорлъаби гьаруралдаса дагьаб къиматги хвана гьелъул, туркал гьел хIиллачагIи руго. Гьеб Аваро-Кахетиялъул нух бахъани дармие букIине бугеб пайда щибха лъалеб. Армениялде, Турциялде, Азербайжаналде - бокьараб мухъалде ине».

ПалхIасил, кигIан кIудияб пайда гьеб нухдаса батаниги, цебехун Къебедов МухIамадица бицухъе, цойиде ккезабизе ккола гьелда хурхараб чанго суал. Гьезда гьоркьоса бищун аслияб ккола нух бахъун хадур гьенисан гIадамал риччалищ риччаларищали Гуржиялъул пачалихъалъулгун гьеб суал дандбай. Гьебин абуни жакъа къоялде лъицаниги гьабун гьечIо.

XS
SM
MD
LG