МагъчIваялъе рес

Украиналъул президентас гъулбасана люстрациялъул къанун


ТIадегIанаб Радаялъ I6 сентябралда къабул гьабураб «Нухмалъи бацIинабиялъул хIакъалъулъ» абураб яги люстрациялъул къанун гъулбасун буго Украиналъул президент Петр Порошенкоца.

Президентасул пресс-хъулухъалъ лъазабухъе, «гьеб къануналъ бихьизабизе буго, халкъалъул божилъи нахъ буссинябиялъул ва Европаялъул стандартазда рекъон пачалихъалъул тIалъи гIуцIиялъул мурадалда пачалихъалъул хъулухъчагIазул ва гьелгун ращад гьарурал пачалихъалъул хIалтIухъабазул хIаракатчилъиялъул хал гьабиялъе кьучI.

Люстрациялъул къанун къабул гьабиялда бан, Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, гьеб къануналъул асар букIине бегьулин миллион гIанав чиясдейин. Гьесулго рагIабазда, гьеб къанун хъвазе буго Украиналъул кинабго тIалъиялъул вертикалалда.

XS
SM
MD
LG