МагъчIваялъе рес

Авар-Кахетиялъул нух бахъиялдаги ХIебда чIвараздаги гьоркьоб хурхен букIине бегьула


7 октябралъул къаси Шамил мухъалъул ХIебда росулъ чIван руго лъабгоял. Низам цIунулезул баяназда рекъон, бечедал чагIазда тIад магъало лъеялда бан, гьединго экстремизмалда дандечIей загьир гьабулев вукIарав кIиго дагъистанияв чIваялда бан федералияб цIех-рехалде кьун рукIун руго гьел.

ЭР-ялъе ХIебдасан щварал баяназда рекъон, сардилъ гьенир чIварал лъабгоял Аваргун Кахетиялъул нухдасан тIадруссунел рукIун руго. Полициялъулазда кколеб буго гьез гьениб цо хIилла ургъизехъин букIун бугин, амма дора лъун ратарал постаз квалквал гьабун бугин гьезие. ПалхIасил, байбихьуда МахIачхъалаялъул рахъалдасан рачIун Шамил мухъалде щваралго гьел лъабгояз цин гъоркьлъалие росун руго тIарикъатчагIи, муридзаби ва абун буго жал Аваргун кахетиялъул нух бахъулеб бакIалде рачейин. Гьезги рачун руго. Амма дора хъаравуллъуда чагIи чIун ратидал, жидее нух битIичIинги абун, гьез дол васазда абун буго гьанже нужеца жал ратараб бакIалде щвезареян. Гьедин гьениса тIадруссун рачIунаго, ХIебда полициялъул мина бугеб бакIалдегIан щун руго.

Гьез инкар гьабунин автомобильги чIезабун, жидеда документал рихьизеян абулеб буго низам цIунулез. Гьедин жидехъа лъутун унел рукIарал гьезда хадуб речIчIун буго полициялъ.

Гьел лъабгояз гъоркьлъалин росарал Шамил мухъалъул гIолохъабазда яги полициялда щвараб гулла гьечIо. Бицунеб буго полициялъ магIарул мацIалда абун бугин гьел васазда нуж нахъе лъутайин, жидеца гьезда речIчIизехъин бугилан.

ПалхIасил, терроралда данде чIараб миллияб комитеталъул официалияб сайталда хъвалеб буго ХIебда чIварал лъабгоял кколин цого гIелалъул (22, 23, 24 сон барал) Рашидовал. Гьезул умумузул цIарал батIиял руго, гьединлъидал вацгIалзаби ратилин абураб пикру буго полициялъул. Милаталъул рахъалъги гьел табасаранал кколел руго.

Терроралда данде чIараб миллияб комитеталъул официалияб сайталда хъвалеб буго гьез чIван вукIанин 2011 соналда Сиражудин ХIурикский абулев динияв цевехъан. Исана гьезго чIван вугин ТIелекь Шамиль Бадавиев абулев чиги. Гьел кIиялго рукIанин экстремизмалда данде чIарал чагIи. ЧIварал лъабазулго машинаялъуб батун буго лъабго автоматги, кIиго гранатаги, пластидгун кIиго электродетонаторги, рацияги, анлънусидаса цIикIкIун патроналги.

Полициялдагун гьел лъабгоязда гьоркьоб ккараб кьвагьа-гIанхъиялъ зарал гьабун буго Хадижат абурай гIаданалъул минаялъе. Гьеб мехалда гьезул хъизан кьижун букIун буго. Заманги сагIат кIигоялде бащдаб хIалтIараб мех букIун буго.

Хадижат: «Кьвагьиги рагIун рорчIидал, щибниги жо бичIчIулеб, лъалеб хIал букIинчIо нижер лъилниги. КъватIибехун балагьараб рокъоб кьижарав васги хантIан жаниве кIанцIун вачIана. Рокъоб жаниб щибниги гьечIо гулла щвечIеб, борлъичIеб жо. Чирахъалдаса байбихьун телевизор, жанахIалъуб лъураб къайи, хIухьладалъун рукъзал хинлъизарулел батарейкаби, нуцIби – киса-кирго щун руго гуллби, къадал малъичIого. Пластикгун гипсокартон ккурал руго гьел къадал. Нижер горда цебелъидал гьел чагIазул машина чIун букIараб. Цинги нижеда дандбитIун буго полициялъул мина, нухда, бокIнилъ, буго полициялъ лъураб постги. Гьедин кIиябго рахъалдасан кьвагьулеб букIана».

ЭР: «Гъол машинаялъур рукIараз данде кьвагьулеб букIанищ?

Хадижат: «ТIаде яхъараб мехалъ щибго жо бичIчIуларого хутIарай дун, цо заманалда ясги кодой ккун къватIие екеризехъин йикIана дун. Гьеб мехалда дирго васас чIезаюна. Цинги рагьтIе ялагьидал, машинаги гьелда тIад цIадул хIехIалги рукIана дида рихьулел. Лъаларо, гьел хIенхIал сундасан лъугьун рукIаралали – полициялъ речIчIараб жоялдасайищ, машинаялъусан речIчIулеб жоялъищали».

ТIелекь Шамиль Бадавиев абулев чи чIваралдасаги Гуржиялъе бахъулеб Аваргун Кахетиялъул нухда хIалтIулел рукIарал чагIи рухун, гьезул вагонал рухIун хадурги гьениса-гIебеде постал лъун руго. ХIебда чIварал Рашидовазе гьениб хIилла ургъизе къваригIун букIун батулин абун гурони, гьелъие нугIлъи гьабулел чIванкъотIарал хIужаби гьечIо. Амма бакIалъул гIадамаз рикIкIунеб буго Гуржиялъегун Дагъистаналъе кIвар цIикIкIараб нухда кьвагьа-гIанхъи яги цогидаб гъалмагъирги гьабун, жидедехунго кIвар буссинабизе къваригIун бугин пуланал къуватазе.

XS
SM
MD
LG