МагъчIваялъе рес

400 гIанав чи хун вуго Сириялъул Кобани шагьаралда тунка-гIусиязда


Сириялъул Кобани шагьаралда халат рахъунел руго тунка-гIусиял. «Рейтерс» агентлъиялъ Сириялъул инснасул ихтиярал цIуниялъул гIуцIиялда базабун лъазабухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватазде данде рагъда лъабго анкьалда жаниб хун вуго бищун дагь босун 400 чи.

Бицен гьабулеб рагIула кIиябго рахъалдаса хваразул. Гьездаго гъорлъ рагIула гьединго гIадатиял гIадамалги. Лъазабиязда рекъон, «Исламияб пачалихъалъул» къуватаз ккун рагIула шагьаралда чанго къватI.

XS
SM
MD
LG