МагъчIваялъе рес

Школалъ бакIарулеб магъало


Дагъистаналъул школазда улбухъа гIарац бакIариялъул хIужаби рукIин лъазабулел офицалиял баянал гьечIо, амма школаз гIарац бакIариялда хурхун улбузул гIарзал гIемер руго. КигIан кьезе кколеб улбуз школалъе?

2 октябрялъ «Единая Россия» партиялъул вакил, Галина Кареловалъ регионазада ругел партиялъул бутIабазул вакилзабигун тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъураб аслиял суалазул цояблъун букIанин школазул хIалтIухъабаз эбел-инсухъа гIарац бакIариялъул суалинан лъазабулеб буго «Единая Россия» партиялъул пресс-хъулухъалъ.

Школазда дарсазул заман лъугIидал тIаде гьабулеб хIалтIухъ гуребги, ремонталъухъ, кванихъ, тIахьазухъ гIарац бакIариялъул хIужаби дандчIвалин киса-кирего, Москваялъул школазда, мисалалъе, цо лъимадул эбел-инсухъа бакIарулеб гIарцул къадар гьоркьохъеб куцалда бахунин 17 азар гъурщидейилан баян гьабун буго.

Дагъистаналъул инфор алатаз, гьеб хъвалаго тIаде жубалеб буго официалиял баяназда рекъон, гьединал регионазда гъорлъ Дагъистан гьечIилан. Амма хIакъикъат батIияб букIиналъул бицунеб буго жалго дагъистанияз.

Дагъистаналъул бицунаго, мухъазул школабиги шагьаралъул школабиги цо кьерда лъезе бегьуларин рикIкIунеб буго магIарухъ школалда гIемер соназ дарсал кьолей мугIалималъ, гьелъие бокьичIо жиндир цIар рехсезе.

МугIалималъ баян гьабуна, шагьаразда , мисалалъе Цогояб экзаменалде хIадуризе цIалдохъабазе рес букIунин репетиторгун рокъор хIалтIизе, амма росабалъ, мугIалим тун батIияв лъай кьун бажарулев чи вукIунарин, гьелъ мугIалимзаби жалго хIалтIулин лъималгун рокъор, гьоркьохъеб куцалъ цо сагIаталъухъ 200 гъурущги босулин. ТIокIаб чара гьечIин росулъ гьедин гьабичIого.

Мухъазда , росабалъ школазда тIахьазухъ ва кванихъ гIарац босиялъул суал рагIичIин, амма цIалул сон байбихьилалде ремонт гьабиялъул суалалъ гIемераб ботIрол унти бижизабулин бицана Хунзахъ мухъалдаса мугIалим ГIабдурахIманова Меседоца.

Гьелъул рагIабазда рекъон, ремонт жалго цIалдохъабазги мугIалимасги гьабулеб буго, рес гьечIони, гIарац кьун школа бакIарулей гIаданалъ гьабулеб буго.

ГIабдурахIманова Меседо: «Росабалъ школазда ремонт гьабиялъул иш щибаб соналъ дагIба-хIуралда букIуна. Уборщицабаз абула жидеца гьеб гьабизе кколарин, классруказ гьабейилан. МугIалимзабаз абула жидеца щайин гьеб гьабизе кколеб, уборщицабаз лъабабго риидалил моцIалъухъ гIарацги босун рукIунеб мехалъ.

Гьеб хIалалда ахир-къадги классалъул нухмалъулесде ккола гьеб. Лъималгун цадахъ гьабизе. Гьабизе кIолеб гьечIони, уборщицаялъе гIарацги кьун гьабизабула. Гьелда гьоркьобги, исана, масала дир цIалдохъабаз жидецаго бохьана класс, гIодоб лажбар бахаралъухъ I000 гъурущ кьезе ккана уборщицаялъе.

Лажбарги цо соналъ биччала школалъ, цогияб соналъ гьебги босизе ккола. Лъаларо, щай гьез гьеб ремонт гьабизе кколаребали, гьедин буго иш».

Гьединго мугIалималъ баян гьабуна, цIилицI ва цогиял хIажатал алатал бакIарун гIарацгун росулилан, мисалалъе, хасало цIорораб заманаялъ, классалда гьекъезе лъим тIун букIине ведра.

Гьоркьохъеб куцалда исана щибав цIалдохъанасухъа ремонталъе ва цогидал хIажалъалабазе 200 гъурущ кканилан баян гьабуна гьелъ.

Шагьаразул школазда тIубан батIияб хIал бугин баян гьабуна улбуз. Масала, Цогояб экзаменалде хIадурлъиялъул суалалъул бицани, школалда мугIалимас хIадурлъи гьабун унеб буго 300 гъурущ, амма гIемерисез, цадахъ гьабураб гьелъул хIасил кколарилан лъимал хасал мугIалимазухъе ритIулел руго хIадуризе.

МахIачхъала шагьаралдаса 11 классалда цIалулей МухIамадова Наидаца жийгун хIалтIулей мугIалималъе сагIтие 400 гъурущ кьолеб буго.

МахIачхъалаялъул школазда ремонталъухъ ва цогидал хIажалъалабазе гуребги школа цIунаралъухъ гIарац бакIариги жубалеб буго тIаде. Гьедин, МахIачхъалаялдаса ГIалиева ПатIиматица «Эркенлъи» раиоялъе баян гьабуна терроризмалъул хIинкъи букIиналда бан ахираб 3 соналъ школалъ хасал гIадамал кколин гIарац кьун школа цIунизе.

ГIалиева ПатIимат: «Хъаравуллъиялъе 700 гъурущ бакIарула,ремонтазе 300-400 гъурущ бакIарула. КIиго лъимер ругел рукIуна, лъабго ругел рукIуна, щибав чиясухъ босула.

Рес бугев гьечIе хал гьабичIого. ТIаде занятиял гIисинал классазда чIорого гьарула, амма чIахIиял классазда 300 гъурущ бакIарула».

ПатIиматил кIиго яс йиго школалда гьезухъ кIиязухъго 3000 гъурущ кьолеб буго гьелъ. Гьеб кколеб буго байрамазде бакIарулеб магъало хIисабалде босичIого кколеб гIарац.

Къануналда рекъон, школалъул изну гьечIила улбухъа гIарац бакIаризе, гIицIго гьеб рес бугила школалдаги улбуздаги хIажатаблъун бихьани къотIи-къайги хъванилан баян гьабуна юристас.

Гьелде тIадеги жубана цебе ремонтал гьаризе санайил 400 млн гъурущ бихьизабун букIун батани, 20I3 соналъ гьеб харж гьабизе биччалеб гIарац хIукуматалъ 800 млн гъурщиде бахинабун бугилан.

Школаз гIарац бакIариялъул хIужаби лъазаризе телефон кьун буго МахIачхъалаялда гIадамал къабул гьарулеб жамгIияб идараялъул, амма «Эркенлъи» радиоялъ чанцIул хIалбихьаниги данде жаваб кьечIо гьез.

XS
SM
MD
LG