МагъчIваялъе рес

Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов ккун вуго


Dagestan / Kurbat kurbanov derbent
Dagestan / Kurbat kurbanov derbent

1 октябралъ Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз ккун вуго Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан. Гьес жиндирго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъул щаклъи буго къуваталъул идарабазул. Гьеб ишалда хурхун диваналъ хIукму къотIизегIан кIиго сордо-къоялъ ккун вуго гьев.

АрбагI къоялъ МахIачхъалаялде цIех-рехалъул идарабаз сурав босизе ахIун вукIун вуго Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан. Гьелдаса хадуб къуваталъул идарабаз ккунги вуго гьев.

Къурбановас жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъул щаклъи бугин лъазабулеб буго хасал идарабазул вакилзабаз. Гьелда хурхун кIиго сордо-къоялъ ккун вуго гьев.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазул пресс-хъулухъалъул бетIер Темирбегов Расулица «Эркенлъи» радиоялъе бицана официалияб къагIидаялъ Къурбановасде жеги гIайиб гIунтIизабун гьечIилан.

Расул Темирбегов: «Жеги гьесде гIайиб гIунтIизабун гьечIо, жеги туснахъ гьавунги гьечIо. Диваналъ хIукму къотIизегIан кIиго сордо-къоялъ гьев ккун тезе ихтияр буго нижер.

Нижеца гьеб иш диваналде кьун буго, гIагараб заманалда гьез къотIизе ккола хIукму. Къурбановас жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайдаги босун хIукуматалъул ракьал рикьиялда щаклъи буго цIех-рехалъул.

Гьелда бан унел рукIана моцIгIанмехалда цIех-рехалъул хIалтIабиги. Диваналъ Къурбановасда гIайиб бугилан чIезабуни гьев 7 гIан соналъ туснахъ гьавизеги бегьула».

Къурбановасде гIунтIизарулел гIайибал кьучIгьечIеллъун ругин рикIкIуне буго экспертаз. Гьез абулеб буго батIаго гьев Дербент мухъалъул бетIерги хIурулгIин гьечIила, амма гьесда сверун гьабурабщинаб багъа-бачари тIалъиялъул амруялда рекъон байбихьун бугилан.

Бокьани гьединал гIайибал Дагъистаналъул щивав хIакимчиясде гIунтIизаризе бегьулила. Рамазан ГIабдулатIиповас нахъе айилан абураб мехалда Къурбановас хъулухъ тезе инкар гьабиялъ щиб гьавунги гьев хъулухъалдаса ватIа гьавизе къваригIун бугин республикаялъул нухмалъиялъейилан лъазабулеб буго гьез.

РакIалда щвезабилин Рамазан ГIабдулатIиповас лъабго моцIгIанаб заманалъ цебе Къурбановасдаги Казбек мухъалъул бетIер МахIачев ГIабдуладаги хъулухъ тейин лъазабун букIана. МахIачев гьес малъараб гьабун хъван гIарзагун нахъе ана Къурбановас ине инкар гьабуна.

Жив халкъалъ вищарав чи вугила, жиндир болжал лъугIичIого жив кивениги инеги гьечIин чIана Дербент мухъалъул бетIер.

Гьес нахъе ине инкар гьабиялъ ургъун рахъунги гьесде гIайибал гIунтIизаризе лъугьанин хасал идарабийилан рикIкIунеб буго журналист ХанмухIамадов МухIамадицаги.

Гьес бицухъе хасал идарабаз Къурбановас жиндиего бокьухъе рикьун ругин абулел пачалихъалъул ракьал, Дербент мухъалъул ракьал рукIун руго.

Къурбанов хъулухъалдаса вахъизе багьана къваригIараб мехалда гьел ракьал мухъалъул гурел республикаялъул ругин абун гIиллаги батун, гьесда гьабунин гьеб ишалда сверун ахIи-хIурилан бицана МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе.

ХанмухIамадов МухIамад: «Гьел ракьазул гIурхъабигицин чIван гьечIо, ай гьел мухъалъул ракьал ккола. Къануналда рекъон мухъалъул бетIерасул ихтияр буго мухъалъул ракьал гIадамазухъе хIалтIизаризе кьезе. Гьел бакIал раялъе гурелъул кьолел рукIарал, гьел магIишатияб пайда босизе кьун рукIана халкъалъухъе.

Гьезул гIемерисез цIолбол ахал гьарун рукIана гьел ракьазда. Гьел ракьал гIадамазухъе кьеялъул ишги къануналда рекъон гьабун букIана. Гьезул щивасухъе кколел документалги кьун рукIана, ракьул ишал тIуралеб идараялда хIисабалдаги лъун рукIана гьел.

Гьалщинал соназ щибго абулеб букIинчIеб Дагъистаналъул мал-мулкалъул министрелъиялъи лъугьана гьел ракьал республикаялъул ругин лъазабизе.

Гьелда хурхун гьеб министерлъи диваналдеги кьун букIан Дербент мухъалъул администрациялъ. Диваналъ хIукму къотIун бахъинегIанцин чIечIого цIех-рехалъул идарабаз такъсиргьабиялъул иш рагьана Къурбавовасда тIад.

Гьеб киналъго бихьизабун буго ургъунго Къурбановасде данде гьабулеб иш букIин гьеб».

Гьединго «Эркенлъи» радиоялъ ХанмухIамадов МухIамадида цIехана нагагь Къурбанов хъулухъалдаса нахъе ани гьесул бакIалда щалин рачIине бегьулелилан.

Гьесул рагIабазда рекъон гьаб сагIат бищун цIакъ Дербент мухъалъул бетIерлъуде рачIине къваригIарав чи рагIула цеве гьебго мухъалъул полициялъул бетIерлъун вукIарав полковник Мамедриза Шахбазов.

Журналистас бицухъе Дербенталъул чогърол заводалъул бетIер СагIадулаев МухIамадица кумек гьабулеб рагIула Шахбазовасе гьеб хъулухъалде вачIине.

Рамазан ГIабдулатIиповас Къурбановасул бакIалда Дербент мухъалъул бетIерлъун тIамулев вукIарав, цеве Дагъистаналъул юстициялъул министрлъун вукIарав РахIимов Азади гьеб хъулухъалде вачIинарин тIокIавин абулеб буго журналистас.

Гьанже РахIимов тIамун вуго Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул нухмалъулев хисулевлъун.

XS
SM
MD
LG