МагъчIваялъе рес

БагIараб Хъанч Комитеталъул хъулухъчи чIвана Донецкалда


Донецкалъул аэропорт Украиналъул аскариязул контролалда гъоркь хутIулеб буго. Хамиз къоялъ хIукуматалъул аскарияз нахъ чIвана сепаратистазул цо чанго гьужум.

Гьадин лъазабуна Украиналъул прессалъ хасаб операциялъул штабалъул пресс-централда мугъ-чIвай гьабун.

Гьаб анкьида Донецкалда букIараб кьвагьдеялъул хIасилалда анцIгогIан ракълилав инсан чIван вуго. Гьезда гъорлъ – БагIараб Хъанч абулеб Халкъаздагьоркьосеб Комитеталъул хъулухъчи Лоран Дюпаскье.

XS
SM
MD
LG