МагъчIваялъе рес

Кэмерон - Афгъанистаналда


Гьалкъояз Кабулалде вачIарав КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница рузман къоялъ абуна, Британиялъ кидаго хутIилин Афгъанистаналъул щулияб партнерлъун.

Кэмероница Афгъанистаналде сапар бухьулеб буго гьеб улкаялъул цIивищарав президент Ашраф Гъанигун кIалъа-басаял тIоритIи мурадалда.

Цадахъаб пресс-конференциялда Кэмероница Афгъанистаналъул цIияб тIалиялдехун вуссун, ахIи бана цолъараб миллияб хIукумат гIуцIиялде, коррупциялъукьа борчIараб ва дагIба гьечIеб.

Кабулалда Кэмероница хIурмат гьабуна гьенир чIварал Британиялъул аскариязул. Гьеб рагъда 452 британияв къурбанлъун ккана.

XS
SM
MD
LG