МагъчIваялъе рес

Лъиего хIажат гьечIел гIадамазул гIузраби


18 сентябрялдаса байбихьун Временный росулъ лъазабун бугеб терроризмалда данде къеркьолеб режим жакъа къоялъги нахъе бахъун гьечIо. Гьениб лъугьа-бахъунелда сверухъ офицалиял баянал цIакъ мукъсанал руго, гьелдаго цадахъ росдал гIадамазул гIарз буго росдал социалиял бакIал хвезарулел рукIиналда бан.

Унсоколо мухъалда 18 сентябрялдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан халат бахъун лъазабун бугеб терроризмалде данде къеркьолеб режим сабаблъун къан буго федералияб нухлул бутIалъун кколеб Гендерил тоннель.

Цин щуго, нахъеги щуго къо цIан букIана гьеб рагьиялъе, гьанжейин абуни, хIатта щуабилеб октябрялде бахъун буго тоннель рагьи, амма гьеб мехалдъ гьеб рагьиялдаги щаклъи кколеб бугилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Гьелдаго цIадахъ Временный росулъе я журналистал, я ихтиярал цIунулел риччалел гьечIо, гIиллаги гьелъие гьениб хIинкъи бугеб ахIвал-хIал букIин бугилан лъазабун буго рагъулаз церегIан къояз гьенире арал инсанасул ихтиярал цIунулеб «Матери дагестана» абураб гIуцIиялъул гIадамазда.

Амма бакIалъул гIадамаз а гьениб хIинкъи гIицIго жалго рагъулаздасан бугин, кинабгIаги хIинкъи бугев чи ватичIин гьенивилан абулеб буго.

24 абилеб сентябрялъ Шималияб Кавказалда Россиялъул президентасул вакил Сергей Меликов Дагъистаналде вачIараб мехалъ, гьес лъазубуна жидеца хIаракат бахъулин гIадатиял гIадамазул ихтияралги цIунун гьел гIадамал жалгоги цIунун тIоритIизе хасал тадбирал.

Жалго тадбиралги цере гIемер бакI сверун ккун тIоритIулел рукIун ратании, гьанже гIицIго изну гьечIого яръид гIуцIарал ругеб бакI сверун ккун тIоритIулин, гIадамазе зарал гьабичIого.

Меликовас гьеб бицунеб заманаялъ Унсоколо мухъалда гIадамазул пастIабигии хурзалги рухъун ралел, покьал, гьорал риххизарлул рукIана вагьабиял ралагьулаго.

БоцIи- ризкъалъе зарал ккей гуребги росулъ ругел социалиял кIвар бугел бакIал, масала школа, лъималазул ах, аптека къан букIиналъ гIадамазе квекIекнал кколел руго.

Гьедин, Временный росулъа цIар абизе бокьичIев чияс баян гьабуна жиндир цояв вас вугин гьаб цIалул соналъ школа лъугIизе кколев. Гьес цогояб экзамен кинин кьезе школаго къан бугеб мехалъ.

Гьесул баяназда рекъон, росдал школалда ва гьединго лъималазул ахалда чIей гьабун руго рагъулал. Гьединго цо-цо школалъул бакIазе ккун буго зарал. Рагъулал ун хадубги гьениб цIалун бажарулеб хIал букIиналда щаклъи кколеб бугилан баян гьабуна гьес.

Временный росдал лъимал цIалуде инчIого лъабго анкь гIанасеб мех балеб бугилан лъазабулеб буго гIадамаз.

Терроралда данде къеркьеялъул хIакъалъулъ 2006 абилеб соналъ къабул гьабураб 35 абилеб федералияб къануалда рекъон, терроралда данде къеркьолеб режим лъазабиялда бан рес буго заманаялъ школа ва цогиял лъай кьеялъул бакIал къазе, амма гьенир киналгIаги болжал рихьизарун гьечIо, гьелъ къуватазул идарабазул рес буго бокьанагIан халатбахъун лъай кьеялъул бакIал къан тезе.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Временный росдал школалъул тIалъигун, амма гьезухъа баянал щвечIо.

Временный росулъа нахъе ун Генуб росулъ вугев Къасумов Къъасумица бицана гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул.

Къасумов Къасум: «Гьаб Временный поселокалда къан буго школа ва садик. Гьенир жанир рачIун чIун руго гIурус ОМОНал Лъималги руго цIаличIого. Балагь базар буго гьабулеб. Цин кIиго къоялдаса лъугIулин абула нахъеги кIиго къо цIала гьедин ралагьун чIун ругоха».

Лъайкьеялъул министерлъиялъ г цIалул сон байбихьуда, лъай босе щвечIого 100 гIанасеб лъимер хутIун букIинлда бан кинабгIаги баян кьезе инкар гьабуна. Министерлъиялъул вакиласул рагIабазда рекъон, гьеб суал гьезда бараб гьечIо.

XS
SM
MD
LG