МагъчIваялъе рес

5 октябралдаги тоннель рагьиялда божулел гьечIо бакIалъул гIадамал


5 октябралда рагьулин 18 сентябралда къараб гендерил тоннелин абураб лъазаби тIибитIизабун буго интернеталда терроралда данде чIараб миллияб комитеталъул рахъалдасан.

Гендерил тоннель кида рагьулебин суал гIадамаз кьун букIана 30 сентябралда Шамилхъалаялде вачIарав МухIамадхIажи ЗайнулгIабидовасеги. МугIрузул рахъалда Дагъистаналъул нухмалъулес тарав вакил ккола гьев.

Гьеб жиндида тIаде кколеб иш гурин, терроралда данде чIараб миллияб комитеталъул иш бугин жаваб кьуна гьес.

Терроралда данде чIараб миллияб комитеталде мугъчIвайги гьабун 1 октябралда тIибитIизабун буго гьеб тоннель 5 октябралда рагьулилан. Амма щуго къоялъин 18 сентябралда къараб тоннель рагьиялда бан чанго батIияб хабар баккун букIиналъ гьанжеги гьелда ракIчIей гьечIоан гьеб тоннелда хIалтIулев МухIамадил.

МухIамад: «Метерин (2 октябралда – авт.) абулелги руго. Лъаларо, чанго нухалда хисана гьеб хIукму».

5 октябралда тоннель рагьулеб батани, гьенир гьаризе гIезегIан хIалтIаби рукIунин жидерин бицана МухIамадица ЭР-ялъе. Масала, сордо-къоялда жаниб гендерил тоннелалъусан унеб буго ункъазаргогIанасеб машина. Гьез къватIире кьолел чорхое зарал цIикIкIарал газал къватIире ине бакI дагьаб гурони гьечIо тоннелалъуб. Бицунеб буго тоннелалъул хIалтIухъан МухIамадица.

МухIамад: «КIкIуялъ гIакъуба кьолеб буго. Абулеб буго тоннель бахъизе байбихьи лъолелъул нилъераз проекталда бихьизабун букIун бугин гьенисан цо сордо-къоялда жаниб 700 машина унилан. ГьедигIанасеб машина унеб батани гурони, тоннель бахъизе гIарац биччалеб букIинчIила.

Гьелъие гIоло бихьизабун букIун бугила машинабазул гьададигIанасеб къадарги. Гьанже нижеца «Дагъавтодоралъул» нухмалъулев Загьид Хучбаровасухъе кагъат хъван буго анкьго нухалъ цIикIкIун транспорт хьвадулеб бугин гьенисан, гьез къватIире кьабулел газал ине вентиляцияги щвалде щвезабизе ккун бугилан.

Гьеб газ кигIанасеб къадаралда бугебали борцунел алатал дагь лъун руго. Масала, 4 300 км-лда щуго жо гурони лъун гьечIо. АнцIго метралъул манзилалда бугеб кIкIуй гурони къватIибе кьабизе бажаруларо цо гьединаб алаталда.

Гендерил тоннель къаялдалъун магIарухъе ине санагIалъи гьечIолъи кколеб буго жалго Унсоколо мухъалъул гуребги, жеги микьго-ичIгоги мухъалъул гIадамазе.

Щайин абуни Лаваша мухъалдасан сверун иналдасаги, тоннелалъусан ани, нух гIемерго къокълъулин абула нухлулаз. Масала, Гумбет мухъалдаса ГIабдулкъадиров ГIабдулхIамидица гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе.

ГIабдулкъадиров ГIабдулхIамид: «Тоннель къан букIиналъул гIезегIан зиян букIинарищха, буго. Масала, хIукуматалъул хIалтIуда хIалтIулев вуго дун. Гьедин анкьида жанив кIиго-лъабго нухалданиги эхевехун ккола дун – махIачхъалаялде, Хасавюрталде. ХIариб габурлъухъан сверун ине ккола гъодигIан бигьаго тоннелалдасан МахIачхъалаялде ине кколев вукIараб бакIалда.

Гьалкъоязда ХIариб габурлъиги къан букIана аниб, Казбек мухъалда (Алмахъалда, Буртунаялда гIагарлъухъ) хасаб операция гьабулеб бугилан. Гьединлъидал Лавашисан ине ккана. Гьеб жо хIалтIи бугищха, гьечIо. Гьелдалъун нух халалъи гуребги, нухда бензинги цIикIкIун харж гьабулеб буго, дорасан нухал лъикIал гьечIолъиялъ машинаялъул алатал рекизе рес буго. Гьединго низам цIунулезул посталги гIемер руго. Гьедин гIакIаби къотIизе рес буго. ПалхIасил, нухда харжал ккечIого, бигьаго эхерехун рорчIуларо, тоннель тун батIияб нухалъ ани».

Нух хекко тезе бокьарал нухлулазда гьоркьор руго унтарал гIадамалги. Масала, анкьида жанир чанцIулго МахIачхъалаялде анализал кьезе хьвадизе кколел захIматго унтарал гIадамал.

XS
SM
MD
LG