МагъчIваялъе рес

Ватун вуго Гъизилюрталда викъарав Сахратула МухIамадов


Гъизилюрталъул цо къватI
Гъизилюрталъул цо къватI

25 сентябралда щалали лъаларел чагIаз викъанин лъазабулев вукIарав Гъизилюрталдаса МухIамадов Сахратула ватун вуго. МухIканал гурел баяназда рекъон гьев вухунги вуго. Гьев лъалез абулеб буго жив кив вукIарав, лъица вухаравалицин бицинес бокьун гьечIила гьесие, гьев къуваталъул идарабазул вакилзабаз хIинкъизавун вугилан.

Хамиз къоялъ щалали лъаларел чагIаз Гъизилюрталда жиндирго рукъалда аскIоса автомобилалъувги къазавун викъун вукIана 30 сон барав Сахратула МухIамадов. Гьедин лъазабуна МухIамадовасул гIагарлъиялъ. Гьезул щаклъи букIана гьев низамцIунулез викъун ватиялда, гьединлъидал 26 сентябралда Гъизилюртяалъул жанисел ишазул идараялъул кIалтIа гьез I50 гIан чи гIахьаллъараб митингги тIобитIун букIана. Викъарав вугев бакI лъазабичIого жал гьаниса кирениги унарин, къуваталъул идарабаз кквезе щибниги гIайиб бугев чи вукIинчIин Сахратулагьин лъазабун букIана гьенире ракIарараз. Гьеб митинг тIобитIун хадуб нахъисеб къоялъ, ай шамат къоялъул къаси ватун вуго МухIамадов Сахратула. Кивин гьев ватарав, щиб хIалалдайин гьев вугев, щиб гIиллаги батунини викъун вукIаравилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ чанцIулго ахIана гьесул кIудияв вац НигIматулагьихъеги, цойгидал гIагарлъиялъул чагIазухъеги. Гьезул цохIонигияз жаваб кьечIо.

Сахратулагьил нахъегIанасеб гIагарлъиялъул чи, жамгIияв хIаракатчи, МахIмудов ХIажимухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьев викъун вукIарав вас ватанин абун бицин гурони, жиндагицин гьезул чагIаз кинабгIаги баян кьечIилан.

МахIмудов ХIажимухIамад: «Гьев вас къватIиве вачIун хадув кIалъазе вихьичIо. Гьесул гIагарлъиялъги гьев вахчун тун вуго. Азарханаялдайищ гьев вегизавун вугев, яги гьаниса унищ вугевалиги лъаларо. Гьез щибго жо бицунеб гьечIо, дихъе щварал цо мухIканал гурел баяназда рекъон гьев лъикI вухараб гIадаб къагIида буго.

Гьедин вухун вукIаниги, щибго гIайиб гьечIев чи къуваталъул идарабаз викъун вукIаниги гьесул гIагарлъиялъ гьеб киналдаго хурхун хасал идарабазде я гIарза хъвазехъин гьечIила, я гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ къватIиб бицине бокьулеб гьечIила гьезиейилан бицана ХIажимухIамадица. Гьесул пикруялда рекъон Сахратула МухIамадовасул гIагарлъи хIинкъун руго гьез ахIи-хIур бахъинабуни къуваталъул идарабазул вакилзабаз гьезул хъизамалъе захIмалъаби гьариялда.

МахIмудов ХIажимухIамад: «Гьесул гIагарлъиялъ абулеб буго Сахратулагьие кIалъазе бокьун гьечIила. Жив живго тейилан абулеб бугила гьес. Гьев лъиданиги кIалъачIого анила рокъоса вачун гьесул гIагаразилан бицана дидаги. Гьев кив вугев, щиб гьабулев вугевали лъаларо дида. ХIинкъизавун ватизе вуго гьев, гьединго лъугьараб-таралда тIасан киналгIаги баянал кьеларин абун къуваталъул идарабазул вакилзабазулгун къотIи-къайги гьабизабун батула гьесда. Гьез абуралда разилъун ватила гьевги, гурони рес гьечIелъул. Бокьарал захIмалъаби гьаризе рес бугелъул гьел низамцIунулезги. Гулби реххун, граната реххун бокьараб багьанаги батун вачун ине бегьулелъул гьев.

Гьединго ХIажимухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана цохIо Сахратула МухIамадовас гурониги цойгидал рикъун рукIаразги низамцIунулекьа рорчIун хадуб киналгIаги баянал кьоларила. ГIагарлъиялъеги гьукъулила ахIи-хIур бахъинабизе. Гьелъие аслияб гIиллалъун бугила къуваталъул идарабаз гьел рикъаразда лъазабун букIунила дуца жидергун гьабураб къотIи-къай хвезабуни жидеца дудаги дур гIагарлъиялдаги лъикIаб къо бихьизе тезе гьечIилан. КигIан хасал идарабазда ццин бахъун рукIаниги цойги нухалъ гьеб иш такрарлъиялда хIинкъун рукIиналъ лъиданиги щибниги абичIого жидерго лъимал республика тун къватIире ритIизе гIамал гьабулилан. Гьедин гьабичIел, жидее къуваталъул идарабаз гIазаб кьунин абун гIарзал хъварал рикъун ун рукIарал Хасавюрталдаса ва Гъизилюрт мухъалдаса лъабго вас цIидахъан полициялъ туснахъ гьарунин, гьенив жанив гIемер вухиялъ гьезул цояв вас гIажизавцин лъугьанин бицана жамагIатчияс. Гьединал мисалалги цере рукIун гIадамаз жидерго ихтиярал цIунун, гIайиб гьечIел жидер лъималазе гIазаб кьуразе тамихI гьабейин абун тIалаб гьабулеб гьечIила Дагъистаналда, гьедин жидедаго ракIги чIчIун бокьа-бокьараб гьабулел къуваталъул идарабиги ругин абун разигьечIолъи загьир гьабуна МахIмудов ХIажимухIамадица.

XS
SM
MD
LG