МагъчIваялъе рес

Сергей Лавровас лъазабуна, Москваялъул интерес гьечIин Магърибалъул санкциязул рагъалда гIахьллъиялъулин


Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Москваялъул интерес гьечIин Магърибалъул санкциязул рагъалда гIахьллъиялъулин.

Гьедин гьес лъазабуна «Пятый канал» телевидениялъе интервью кьолаго. Гьесул рагIабазда, Россия цебегогIадин ургъизе буго жиндирго интересал цIуниялда тIад.

Россиялъ лъиялиго квешлъи гьабизеянги абун санкциязул рагъ гьабизе гьечIо.

Гьелда цебе Ларовас лъазабун букIана Россиялъеги Цолъарал Штатазеги къваригIун бугин кIиабилеб «перезарузкайин».

XS
SM
MD
LG