МагъчIваялъе рес

"Исламияб пачалихъалъул" Сириялда ругел позициязда щвезарурал авиакьабияз исламистазул ресал талхизарун руго


Сириялда ругел «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул позициязда щвезарурал авиакьабияз талхизарун руго исламистазул къуватазул киналго ресал. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Цолъарал Штатазул рагъул къуватазул Штабазул нухмалъулезул комителалъул бетIер генерал Мартин Дэмпсица.

Гьесулго рагIабазда Сириялда рагъулаб операция халат бахъинабиялъе къваригIун вуго 15 азарго рагъулав. Дэмпсица рикIкIунеб буго, гьеб операциялде журазаризе кколин сириялъул оппозициялъул гIодорриччарал къуватазул къокъабийин.

Сириялда «Исламияб пачалихъалъул» къуватазде данде Цолъарал Штатазул нухмалъиялда гъоркь операция тIобитIиялъул халкъаздагьоркьосел къуватазда гIахьаллъулеб буго 40 гIанаб улка, гьездаго гъорлъ ГIагараб Машрикъалъул улкабиги.

26 сентябралда Британиялъ, Бельгиялъ ва Даниялъ тасдикъ гьаруна ГIиракъалда ругел исламистазул позициязда аваикьабиял щвезариялъул хукIмаби.

XS
SM
MD
LG